МагъчIваялъе рес

Ингилизазул хъвадарухъан – Сочиялъул Олимпиадаялде данде


Британиялъул актер ва хъвадарухъан Стивен Фрайица Халкъаздагьоркьосеб Олимпиялъул комитеталде вуссун ахIи балеб буго Сочиялда 2014 соналда букIинесеб Олимпиада нахъе бахъеян абун.

Жиндирго интернет-сайталда загьирабураб кагътида хъвадарухъанас ракIалде швезабулеб буго 1936 соналда нацистазул Германиялда букIараб Олимпиада.

Гьелъ Адольф Гитлерил авторитет щулалъизабунин жибго Германиялдаги, къватIибги.

Доб заманалъ жугьутI миллаталъул гIадамазе гьабураб зулму релъараб бугин цо-цо гIисинал къукъабазул вакилзабазда хадуб россиялъул тIадтараз гьабулеб хал кквеялда, ян абулеб буго ингилизазул хъвадарухъанас.

Гьел руххиялъе, чIваялъе гъозие гьабураб зулмуялъе данде кколеб къимат кьезе кколин халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъ.

«Политика ва спорт цоцазда рарал гурин» абурал рагIаби гьеб бугин кIигьумерлъиялдасаги гIадаллъиялдасаги жеги квешаб бербалагьи», - ян хIасил гьабулеб буго Стивен Фрайица.
XS
SM
MD
LG