МагъчIваялъе рес

ТIалибангун кIалъа-басаял байбихьана



ТIалибан багъа-бачариялъули Апгъанистаналъул президент ХIамид Карзаилги вакилзабаз балъгоял кIалъа-басаял тIоритIулел руго маслигьаталде нух батиялъул суалгун гьоркьоб.

Апгъанистаналъул Ракълил ТIадегIанаб Шураялъул официалияв вакилас Эркенлъи радиоялъе лъазабухъе гьединал кIалъа-басаял байбихьанин улкаялда жанирги къватIисеб рахъалдаги.

Гьеб хIужа Associated Press агентлъиялъе дурус гьабуна Катаралъул тахшагьар Дохаялда бугеб ТIалибан-багъа-бачариялъул вакиллъиялъги.
XS
SM
MD
LG