МагъчIваялъе рес

Американияз Йемен толеб буго


Цолъарал Штатазул тIадтараз Йеменалда ругел жидерго идарабазул хIалтIухъаби ватIаналде тIад руссинарулел руго ва гьеб улкаялда ругел киналго американиязде ахIи балеб буго рукъоре нахъ руссеян абун.

Гьадинаб информация загьирабун буго талат къоялъ Цолъарал Штатазул Пачалихъияб департаменталъул лъазабиялда.

Гьалкъояз ГIагараб Машрикъалъул цо-цо улкабазда къан руго америкалъул анцI-анцI дипломатикияб идара.

Прессалъ америкалъул хасал хъулухъазул баяназда мугъ чIвай гьабун гьеди наб хIукмуялъе ккараб гIиллалъун лъазабуна «Аль-КъагIидаялъул» бетIер Айман аз-Завахирица Йеменалъул рагъухъаназде гьабураб буюри.

Талат къоялъ Йеменалъул хIинкъи гьечIолъи цIунулеб хъулухъалъ лъазабуна воржарухъан гьечIеб америкалъул боржароялдаса Мариб абулеб бакIалде гьабураб кьабиялъул хIасилалда Аль-КъагIидагун бухьен букIиналда шаклъи бугев ункъго рагъухъан чIван вугин.
XS
SM
MD
LG