МагъчIваялъе рес

СШАялъ лъазабулеб буго хIинкъиязул хIакъалъулъ


Цолъарал штатазул хIукуматалъ шамат къоялда тIобитIана террористиял хIинкъиязда хурхараб темаялъул данделъи.

ХъахIаб рукъалъ къватIисел пачалихъазда ругел киналго американиязда лъазабуна гьел хIинкъиязул хIакъалъулъ ва заманалъ бусурбабазул улкабазда къана жидерго дипломатиял вакиллъиял.

Интерполалъги хасаб лъазаби биччана ичIго улкаялъул туснахъаздаса “Аль-Каидаялъул” нус-нус гIахаьлчагIи лъутиялда бан раккарал хIинкъиязул хIакъалъулъ. Боевикал тIуснахъаздаса лъутIарал улкабазда гъорлъ рехсолел руго ГIиракъ, Ливия ва Пакистан.
XS
SM
MD
LG