МагъчIваялъе рес

Иран-Израиль: информациялъулаб рагъ


Цо-цо информалатазул лъазабухъе, Ираналъул президентлъун вищарав ХΙасан РоухΙаница Израиль лъазабун рагΙула бусурбабазул дунялъул черхалда бугеб цебегосеб ругъунлъун.

Гьеб гьенисан тΙагΙинабизе кколин абураб фраза РохΙимица хΙалтΙизабун букΙинчΙин лъазабулеб жибго ираналъул пачалихъиял информалатаз.

Гьелда цебе израилалъул премьер-министр Беньямин Нетаньяхуца лъазабун буго, гьединал рагΙабаз бихьизабулеб бугин гьанже вищарав ираналъул президент РохΙанил «хΙакъаб гьумерин».

ГьатΙан къоялда президент хΙисабалда жиндир иннаугурация тΙобитΙизесев РохΙаница Израиль какарал рагΙаби абун руго рузман къоялда тΙобитΙараб палестиниязул рахъ ккураб санайилаб манифестациялда.
XS
SM
MD
LG