МагъчIваялъе рес

Кэтрин Эштон Мисралда


Мисралде визитгун щварай Евроцолъиялъул къватΙисеб политикаялъул тΙадегΙанай вакил Кэтрин Эштон дандчΙвана тΙаса рехарав президент МохΙамад Мурсигун. Гьезул гара-чΙвари тΙобитΙун буго кΙигогΙанаб сагΙаталъ.

Евроцолъиялъул къватΙисел ишазул идараялъул пресс-секретаралъ Твиттералда хъвахъе, Мурсицаги Эштоницаги гьоркьор лъун руго гΙемер рахъазул суалал. Итни къоялда Эштон данчΙвана мисралъул улка цΙуниялъул министр ГΙабдел ФатахΙ ас-Сисигун. Гьелъ гьединго кΙалъа-басаял тΙоритΙана гьанжесев вице-президент МохΙамад аль Барадейилгун ва улкаялъул заманалъулав нухмалъулев ГΙадли Мансурилгун.

Гьелда цебе Эштоница лъазабуна букΙана, улка рукΙалиде буссинабиялда хурхарал кΙалъа-басаязда гΙахьаллъизе кколин Мурсил рахъ кколеб «Вацал-бусурбаби» абураб багъа-башаригиян.
XS
SM
MD
LG