МагъчIваялъе рес

Сириялда цIияб чIвадари



Сириялъул Миллияб коалициялъ какана хIукуматалъул рагъулал хъулухъчагIи гIемераб къадаралда чIвай ва лъазабуна кватIичIого гIуцIизе бугин гьеб хIужаялъул цIех-рех гьабулеб хасаб комиссия.

Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулез гьабураб баяналда рекъон гIага-шагарго 50 солдат чIван вуго къеркьохъаназ Хан аль-Ассаль абулеб шагьар бахъун хадусала.

Сириялъул оппозициялъул лъазабиялда абулеб буго гьаб чIвадари
"Аль-Каидагун" бухьен бугел "Лива Ансар аль-Халифа" ва "Ан-Нусра" абулеб фронталъул къеркьохъаназ гьабун батилин.
XS
SM
MD
LG