МагъчIваялъе рес

Тунисалда кьвагьи



Шамат къоялъ Тунисалъул тахшагьаралда полициялъул минаялда аскIоб жаниб бахчун тараб бомбагун автомобиль кьвагьизабун буго. Полициялъул баяналда рекъон къурбанал гьечIо.

Гьеб кьвагьи бахъана хамиз къоялъ речIчIун чIварав оппозиционияв цевехъан МухIамад Брахми вукъиялъул тадбир байбихьизегIан цо чанго сагIат хутIулеб мехалда.

Рузман къоялъ Тунисалъул тIадтараз лъазабуна, гьев чIваялъул жавабчилъи тIад аль-КъагIидаялъ босун бугин абун.

Динияв гурев хIаракатчилъун вукIарав МухIамад Брахмица какулеб букIана гьабсагIат хIакимлъуда бугеб исламистазул «Эннахда» абулеб партиялъ хIалтIизабулеб политика.
XS
SM
MD
LG