МагъчIваялъе рес

Чияр рагъул къурбанал


Дагъистаналъул жанисел ишазул идараялъ ккун вуго Сириялда унеб рагъулъ гIахьаллъи гьабурав Хасавюрт мухъалъул ЦIиябсасикь росулъа чи. Кинаб гIайиб гьесде гIунтIизабулеб бугебали мухIканал баянал жанисел ишазул идараялъухъа щвечIо.

Эркенлъи радиоялъ гьабураб цIех-рехаладасан баянлъана гьев чи Сириялъул оппозициялда цадахъ вагъизе гурев, жиндирго васасда хадув гьениве арав чи рагъулал тунка-гIусиязда гъорлъе ккун вуго ва гьенив цояб гъежги лъукъун ватIаналде нахъвуссунги вуго.

Хасавюрт мухъалъул ЦIиябсасикь росулъа чи Сириялъул оппозициялда цадахъ вагъулаго лъукъунги вукIун июлалъул анцIила ичIабилеб къоялъ вачIун вугин гIебедеян хъвалеб буго интернет сайтазда.

Гьесда цIар рагIула МухIамад. Республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъ цIех-рех гьабизе вачун ун вукIун вуго росулъе хадурги рачIун. Кинаб гIайиб гьез гьесде гIунтIизабулеб бугебали гьез рехсон гьечIоан гьениб. МухIканал баянал щвезелъун гьезухъе кIалъаниги «Эркенлъи» радиоялъеги щибниги бицинчIо гьез.

Нижеца бухьен гьабуна гьеб росулъа гIалимчи МухIамадов ГIабдурахIимилгун. ХIакъикъаталдаги полициялъ вачун ун вукIанин гьев июлалъул къоло щуабилеб къоялъ, гьебго къоялъ нахъвуссунги вачIанин.

Щиб гьез гьесда цIехолеб букIараб сундалъун гьел ратIалъаралали гьес лъиданиги бицинчIин, информалатазе гьелъул хIакъалъулъ бицине досулги гъира гьечIин улкаялъул хIинкъи гьечIолъиялъул рахъалъ хъулухъалъул хIалтIухъабазги полициялъулазги гIемераб тIадецуй гьабунин жиндаян инкар гьабулеб бугин гьес журналисталгун гара-чIаризеян бицана ГIабдурахIимица.

Сириялъул оппозициялъул рахъалда вагъизеян нияталда арав чиги вукIинчIин гьев гьениве Дагъистаналдаса, Мисриялда цIалулев вукIарав васасул хIакъикъат цIехезе арав чи ккун вугин гьев кьвагьа-гIанхъиялде гъорлъе, гьенив лъукъунги вугилан бицана ГIабдурахIимица:

МухIамадов ГIабдурахIим: «Мисриялда цIалулев вукIарав гьесул вас гьасдаги гьикъичIого Сириялда бугеб рагъде арав чи гьенив чIван вуго. Гьесул хабадениги вахине нияталда арав чи гьавги ккун вуго кьвагьа-гIанхъиялде гъорлъе».

Э.Р: Гьесда лъураб ругъун цIакъго захIматаб бугиш?

МухIамадов ГIабдурахIим: «ГIункIрукьалдаса гъоркьехунисеб рахъ тIезабун буго гьесул кIвегIаб гъежалъул».

Э.Р «ЦохIо гьав гуревги цоги чIагIи рун рукIанищ нужер Сириялде?

МухIамадов ГIабдурахIим: «Полициялдаги, ФСБ-ялдаги лъала Дагъистаналдаса гьенире арал чагIазул мухIканаб къадар. Дида лъаларо…»

Сириялда унел ругел рагъула тунка-гIусиязул гъорлъ вугин кинавниги 7000 Дагъистаналдаса гьенире гочун рукIарал гIадамазул насулялъул чагIи.

Гьезул кIинусгоясе бокьун бугин ватIаналед нахъруссинеян бицун букIана араб соналъ "Черновик" газеталъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда Сириялдаса гочун рачIарал гIадамазул вакил МухIамад Нур Нидалица.

Амма дагьал рагIуларо Сириялъул тIалъиялде дандечIараб опозициялде цадахъ рагъизе бокьун букIин загьир гьабуралги гIолохъаби. Россиялъул хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул дагъистаналда бугеб бутIаялъ.

Гьезул баяназда рекъон гьабсагIаталда Сириялда бугеб гражданияб рагъда гIахьалъи гьабун рагъулел рагIула 300 гIанасевниги дагъистанияв.

Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас къуваталъул идарабазадаса тIалаб гьабун букIана дагъистаниял гьенире риччангутIизе тадбирал гьаризе кколилан.

Жив тIуван ахцавунин Дагъистаналдаса гьевгущинав чи Сириялда бугеб рагъулъ гIахьалъизе ун вугилан абураб абяналъиялан мукIурлъана Эркенлъи радиоялъе полициялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Шамилов МухIамад.

Жакъа кире балагьунин ругел полицияги, ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъги, рухIияб идараги лъицайин гьел гьенире риччалел гIурхъи бахине ккани хасаб документ къвариIгуна гурищин.

Жидеда лъазецин лъалареб, кинаб хIал-хIукумуялда унеб рагъали бичIчулареб цIадулъе унел чагIазда щиб рагIийин бицинеб. Гьенире ине гьезул гъира базабулел кIалъаял ратилинха республикаялда гьарулел. Гьеб тIалъиялъулги, къанун цIунулел хIалтIухъабазулги тасамахIлъи кколилан рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчияс:

Шамилов МухIамад: «Чияр улка, чияр ракь, цояв хIаким вахъун цогидав тезейилан гьабулеб чияр бакIалда унеб къеркьеялда жаниб гъазаваталъе гIоло би тIезе ккараб хIажалъи дида гьениб бихьуларо. Россиялъ рахъкколеб Сириялда кинаб рахъалда гьел рагъизехъан ругел. ГIемерал суалал раккулел руго гьенир, дида лъаларо...

Шамилов МухIамад
Шамилов МухIамад
Жакъа Дагъистаналда унеб бугеб зулмуги бихьулеб букIаго чияр дореги ун ярагъ кодобе босизе ун ругин ракьцоялин абураб хабар гIадалъ чIвараб магIгIанги рагIизе бокьулареб хабар буго. Би букарун буго халкъалъул.

Лъица абилеб жакъа Сириялда унеб бугеб багъа-бачари битIараб бугилан лъидаги божун гьал доре унел ругел, гIадаллъун буго халъ, валлагь буго гIадаллъун. Гьезие гIемераб гIарацниги кьолеб батилаха гьенир рагъаралъухъ.

Гурого дун божуларо жакъа Дагъистаналда гьедин алжан къваригIун чияр улкаялдеги ун хвезе хIадурараб халкъ бугилан абураб жоялда».

Вашингтоналда бугеб Бакъбакул улкаялъул Институталъул экспертаз кьурал баяназда рекъон ахираб 11 моцIида жанир Мисриялда хун вуго оппозициялъул рахъалда рагъулел рукIарал батIия-батIийял пачалихъазда 280 чи.

Гьезда гьоркьоса 16 ккола Россиялдаса. Щугояв Чачаналдаса ва ункъояв Дагъистаналдаса. Аслияб куцалъ гьел кколел руго "ДжебхIат- ан- Нусра" абураб терроралъулаб багъа-бачариялде гъорлъе унел рукIарал чагIи.

Сириялда унеб рагъулаб багъа-бачариялъе ахир лъеялъул мурадалда Россиялъул къватIисел ишазул рахъалъ министр Сергей Лавровасул ва Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрил хIаракаталдалъун исана сентябралда Сириялда тIобитIизе кколаан ракълилаб конференция.

Амма июналъул байбихьуда Сириялъул оппозициялъ лъазабуна ракълилаб конфернциялда гIахьалъизе жал жеги хIадур гьечIилан.
XS
SM
MD
LG