МагъчIваялъе рес

Пакистаналда хасаб хъулухъалде гьужум гьабун буго


Пакистаналъул Суккур абулеб шагьаралда АрбагI къоялъул къаси яргъид гIуцIараз идараздагьоркьосеб цIех-рех гьабулеб хасаб хъулухъалъул минаялде тIаде кIанцIун хадув ичIго чIи чIван вуго.

Гьезда гъорлъ ункъго хасав хъулухъчи ва щуго экстремист. Гьеб гьужумалъул жавабчилъи тIад жеги лъицаниги босичIо.

Пакистаналъда аслияблъун идараздагьоркьосеб цIех-рех гьабулеб хасаб хъулухъалде яргъид гIуцIцIарал радикалиял бусурбабаз цо гуреб нухалъ тIаде кIанцIиял гьарун рукIана.
XS
SM
MD
LG