МагъчIваялъе рес

«Вацал-бусурбабазул» цевехъан кквезехъин вуго


Мисралъул пачалихъияв прокурорас амру гьабун буго «Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-бачариялъул цевехъан МухIамад Бади кквезе.

Гьадинаб хIукму гьес гьабун буго улкаялда цIикIкIунеб зулмуялъе ккарал гIиллабазул цIех-рех гьабун.

АрбагI къоялъ Мисралъул улка цIуниялъул министр ГIабдель-ФатехI ас-Сисица ахIи бана рагъулаз зулмуялде данде рачунел тадбиразе квербакъи гьабиялде, амма «Вацал-бусурбаби» багъа-бачариялъ гьеб нахъ чIвана, гражданияб рагъде бараб ахIилъун рикIкIун.
XS
SM
MD
LG