МагъчIваялъе рес

Къо-мех лъикI, Хиддинк!


"Анжи" командаялъул вукIарав тренер Гус Хиддинк
"Анжи" командаялъул вукIарав тренер Гус Хиддинк

МахIачхъалаялъул «Анжи» клубалъул бетIерав тренер Гус Хиддинк гьеб хъулухъалдаса нахъе ана итни къоялъ. Клубалъул нухмалъулез гьесулгун контракт цIигьабуралдаса гIемераб заман букIинчIо. Кинаб ккараб гIилла гьедин ракIалдаго гьечIого голлландиялъул тренерас хъулухъ тезе.

Хиддинк нахъе иналъе аслияб гIиллалъун рехсолеб буго гьединаб хIукму гьес жинцаго гьабун букIин.

Амма щай гьес гьединаб хIукму гьабурабали лъиданиги лъалеб гьечIо. Россиялъул интернет сайтазги гIатIидго борхулеб буго гьеб суал.

Гьедин мисалалъе «Деловой Петербург» абураб сайталда хъвалеб буго исана риидал россиялъул футболалъул гIумруялъулъ гIемерал гIажаибал лъугьа-бахъинал кколел ругин, чанги ахIи-хIур бахъарал трансфералъулал къотIи-къаял гьарунин клубаз цоцазда гьоркьор, улкаялъул чемпионат унеб мехалдаги гIемерал сенсациялъулал лахIзатал загьирлъанин хIаязда.

Гьанжеги киналго гIажаиблъизарунин Гус Хиддинкица жиндирго хъулухъ толеб бугилан бачIараб хабаралъ.

МахIачхъала, "Анжи-арена".
МахIачхъала, "Анжи-арена".
Щай Голландиялдаса тренерас гьединаб хIукму гьабурабилан абураб суал лъолеб сайталда. Цодагьаб цебе гIадин гуриш МахIачхъалаялъул клубалъ гьесулгун контракт цIигьабун букIараб.

БукIине бегьулиш гьелъие гIиллалъун Анжиялъул ахирисеб хIаялда гьеб «Динамоялъухъа» къей? Амма гьеб кIудияб гIилла кколаро гуриш, чемпионат гьанжего гьанжелъидал байбихьулеб бугеб.

«Динамоялъул» хIай унеб заманлда Хиддинкица тункун вукIана хIаялъул диванчагIазул цояв. Анжиялъул кавабахъе пенальти кьабизе хIаялъул аслияв тренерас гьабураб хIукмуялда разигьечIолъиялъул гIаламат букIанин гьеб Анжиялъул тренерасулин баян гьабуле букIана гьеб хIужа хадусел къоязда спортивиял информ. алатаз.

Интернеталъул сайтазда абулеб букIана гьеб хIужа сабаблъун Хиддинк Анжиялъул хадусел анлъго хIаяздаса махIрум гьавизе рес бугин. Амма хIакъикъат тIубанго хисана, Хиддинкица хIукму гьабуна МахIачхъалаялъулгун къо-лъикI гьабизе.

ГIемерисел дагъистаниязе гьеб ракIалде гьечIеб ишлъун кканин абизе бегьула, амма гьеб пикру гIахьал гьабулеб гьечIо «Анжи-Спорт» газеталъул бетIерав редактор ГIамирхIамзаев Гьиматица:

Гьимат ГIамирхIамзаев: «Хиддинк тренерасул хъулухъалдаса ин кIудияб гIажаиблъи гьабизе ккараб хIужалъун бихьуларо дида, цо-цо футбол бокьулел дагъистаниязе букIун батизеги бегьила гьеб ракIалдаго гьечIеб ишлъун, амма гьев нахъе ине вукIиналъул хабар цебего букIана къватIибе загьирлъулеб.

Гьедин ихдал гьесулгун контракт цIигьабураб мехалда чангияз гIажаиблъицин гьабуна гьелда. Щайгурелъул Анжиялъ цере лъурал масъалаби тIурачIелъун, масала «Лигаялде» борчIизе кIвечIо гьелда.

Гьанже Хиддинк нахъе иналда жаниб цо-цоязда политикияб галиги бихьулеб буго, цогидазин абуни рикIкIунеб буго клубалъул нухмалъиялда чIалгIун ратулин командаялда жанир тIокIал чIечIого загьирлъулел ругел гъалатIал.

Гьел рукIана араб сезоналдаги, гьел такрарлъана исанасеб чемпионат байбихьулагоги. Нахъойги абила диего гьеб кIудияб асар гьабураб жолъун ккечIо голландиялъул тренер Анжиялдаса нахъе ин. Гьев херлъунги вуго, сваканги вуго, заман щвана гьесие хIухьбахъизе».

«Анжи» клубалъул бетIерав тренер Гус Хиддинк гьеб хъулухъалдаса нахъе ине вукIиналъул хабар къватIибе загьирлъун букIана исана ихдалги. Информалатаз тIибитIизабураб баяналда бицунеб букIана гьелъие гIиллалъун букIине бегьулин ахиралде щолеб букIараб улкаялъул чемпионаталда «Анжиялъ» лъикIал хIасилал рихьизаричIолъи.

Амма бугониги квешал хIасилалгун лъугIизабичIин «Анжиялъ» араб сезонилан абизе бегьула, турниралъул таблицаялда лъабабилеб бакIалде бачIана. Дагъистаналъул футболалъул тарихалда жаниб гьеб букIана чемпионлъун бахъичIониги «Анжиялъе» щвараб кIудияб бергьенлъилъун.

ХIакъикъаталдаги Анжиялъе нухмалъи гьабулев вугебгIан мехалъ Хиддинкица кIудияб хIалтIи гьабунилан рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса Халитов Сиражудиница.

ГIемерал соназ Анжиялъул хIаязухъ хал гьабун гьелъие къимат кьун бажарулеб бугоан гьесухъа. Чанги гьесдаса лъикIалги ратилин тренерал амма хасгьабун жиндир рекIелъ гьес лъикIаб лъалкI танилан мукIурлъана гьев «Эркенлъи» радиоялъе:

Халитов Сиражудин: «Чанги церетIурал чIахIиял клубаздаги рукIуна дандеккунгутIиял. Кинабгоги тренерасдаги, клубалъе кьолеб гIарцудаги бараб букIунаро. Командаялда церечIарал масъалабиги дагьал рукIунаро. Гьеб жиндаго чIараблъун лъугьине заман кьезе ккола. Амма нилъер гьанибин абуни тIокIал чIечIого ричун хисулел руго футболистал.

Тренерал жиб-жиб къоялъ хисизе бегьула, амма гьелъги кIудияб хIасил кьоларо. Балагьила цIияв тренерасулги кинаб хIалтIи букIинебали.

Амма Хиддинкица кIудияб хIалтIи гьабуна жиндир заманаялда улкаялъул тIасабищараб командаялъул тренерлъун вукIагоги, «Анжи» куцалагоги»
Гус Хиддинк «Анжиялъе» нухмалъи гьабизе вачIун вукIана 2012 соналъул февралалда.

Гьелде щвезегIан гьев вукIана Россиялъул тIасабищараб командаялъул, гьединго турказул командаялъул бетIерав тренерлъун. «Анжиялъул цIияв бетIерав тренерлъун тIамун вуго Англиялъул машгьураб клуб «Манчестер Юнайтед» командаялъул бетIерав тренерасул вукIарав кумекчи Рене Мёленстен. Хиддинкго гIадин гьевги ккола Голландиялдаса.
XS
SM
MD
LG