МагъчIваялъе рес

Хирияб моцIалдагицин халат бахъунеб зулму


Хасавюрталъул мажгит
Хасавюрталъул мажгит

Араб гьатIан къоялда Дагъистаналъул Хасавюрт шагьаралда Магъидовасул цIаралда бугеб къотIноб кIиго кьвагьул алат тIатIинабуна низам цIунулез. Кьвагьул алаталда хурхун хIалтIи гьабулел чагIазул кумекалдалъун гьел хадур тIагIинарун руго.

КIиябго кьвагьул алаталъул гIаммаб къуват бащалъулеб буго 40 килограмм цIайиялда. Гьединго гьатIан къоялъ низам цIунулел хIалтIухъабаз сверун ккун букIана Буйнакскиялда гIадамаз жаниб гIумру гьабулеб минаги.

ГьатIан къоялъ Буйнакск шагьаралъул «Дружба» абун цIар бугеб, гIадамаз гIумру гьабулеб минаби ругеб мухъалда бугеб цо мина сверун ккун бугин низам цIунулел хIалтIухъабазилан абураб баян тIоцебе къватIибе кьуна «Черновикалъул» сайталъ.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъухъа щварал баяназда абулеб буго низам цIунулел хIалтIухъабаз тIоритIулел гIадатиял оперативиял хIалтIаби ругин гьелилан.

Жалго Буйнакск шагьаралда гIумру гьабун ругезухъа щварал баяназда абулеб буго сверун ккураб минаялда аскIосан гIебеде рукIарал чагIи къватIире рахъинарун ругилан, тIадеги баянал «Эркенлъи» радиоялъухъе швечIо.

ГьатIан къоялъ къаси Хасавюрт шагьаралъул Магъидовасул цIаралда бугеб къотIноб бугеб мажгиталда аскIоб кIиго кьвагьул алаталда релълъараб жо батун букIиналъул хабар тIибитIун буго шагьаралда.

Низам цIунулел хIалтIухъабаз мажгиталда аскIоб бугеб бакI сверун ккун аскIор ругел минабахъ ругел чагIиги къватIире рахъинарун ругилан хъвалеб букIана радалго «Жанисел ишазул министерлъиялъул» сайталда.

Бакъанидеялде кьвагьул алатазда хурхун хIалтIи гьабулел чагIазул кумекаладлъун кьвагьул алат тIагIинабун буго. Гьелъул гIаммаб цIайи батун буго 40 килограмм тротилалъул.

Кьвагьул алат лъун букIараб гьеб мажгиталда абула шигIиязул мажгитилан.
Гьебго мажгиталде араб соналдаги гьабун букIана тIадекIанцIи 2012 соналъул 18 августалда щалали лъазе кIвечIел чагIи жаниреги кIанцIун кьвагьдон рукIана гьеб мажгиталъур рукIарал гIадамазде.

Доб мехалъ гьенив лъукъун вукIана микьго чи, гьезул цояв хадув азарханаялда хвана. Гъоркьисалаги исанаги кIиябго хIужа ккана рамазан моцIалда. Гьеб моцIалъ гьарурал киналго лъикIал гIамалал 70 нухалъ кIодо гьабулин хъван буго Аллагьас Къуръаналда, квешаб гIамалги гьединго цIикIкIинабула.

Лъие къваригIун бугеб гьединаб моцIалъ Дагъистаналда биял тIей? Саперазул кумекалдалъун тIагIинабураб кьвагьул алат къват бащалъулеб буго 40 килограммалда.

Кьвагьул алат хIадур гьарурал мурадалде щун гьеб кьвагьун букIарабни гьелъул ккезе букIараб хIасил цебечIезабизецин захIмалъулеб буго.

Иманалдасаги рикIкIадал, жидеца гьабулеб жоялдеги рачIунарел гIассияб ракIалъул чIвадарухъабаз жидерго хъубал мурадал гIумруялде рахъинелъун заман тIаса бищуларин кинаб букIаниги, гьезие батIалъи гьечIин хириял моцIазул Рамазан гьеб батанигиян абуна гьеб хIужаялда тIасан пикру загьир гьабулаго Сайдаев Исламица.

Шималияб Кавказалда экстремизмалдагун терроризмалда данде къеркьолеб комитеталъул хIалтIухъан ккола гьев:

Сайдаев Ислам: «Изну гьечIого яргъид гIуцIараз гьабураб пиша букIинеги бегьула Хасавюрталъул мажгитлда кьвагьул алат лъей. Амма жиндирго кIалъаялда Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница абун букIана батIи-батIиял динял гIуцIабазда гьоркьор ругел рагIидандеккунгутIиял лъугIизариялъул мисалалда ракълилал къотIи-къаял гьаризе кколилан.

Гьеле гьел ракълилаб сихIкъотIи букIине бокьичIел чагIаз хIаракат бахъулеб буго гъоркьгоги хIалуцун букIараб дандечIей жегиги хIалуцинабизе. Гьеб «лъабабилеб», балъгояб къуваталъе къваригIун буго терроралъулаб рагъ Дагъистаналда лъугIи гьечIеблъун букIине».

Анкьидаса анкьиде Шималияб Кавказалда ккарал рагъулал тунка-гIусиязул хIасилалда лъукъаралниги хваралниги гIадамазул баян кьола «Кавказ Узел» сайталъ. Араб анкьида жанир Кавказалъул регионазда гьединаб къисмат ккун буго 14 чиясул.

Гьел киналго чIван руго. ЧIваразда гьоркьоса ункъоял ккола Дагъистаналдаса. Гьезул кIигоял ккола изну гьечIого яргъид гIуцIарал, кIигоял низам цIунулел хIалтIухъаби.

Низам цIунулел хIалтIухъаби чIвана анцIила микьабилеб июлалда Лак мухъалда хасаб операция тIобитIулаго. Гьединго гIадатиял гIадамазул лъабгоявги чIвана араб анкьалъ Дагъистаналда.
XS
SM
MD
LG