МагъчIваялъе рес

Бельгиялда цIияв къирал


ГьатIан къоялъ Бельгиялда гьа бана 53 сон барав цIияв къирал Филиппица.

Гьес рагIи кьуна конституция цIунизе, миллияб хIинкъи гьечIолъи шулалъизабизе ва улкаялъул цолъи цIунизе.

Филлип ккана Бельгиялъул анкьабилев къираллъун.

Добго гьатIан къоялъ Брюсселалда бугеб къираласул кIалгIаялда жиндир тахалдаса инкар гьабуна 79 сон барав къирал Альберт КIиабилес.

Гьес къого соналда жаниб къираллъи гьабулеб букIана Бельгиялда.
XS
SM
MD
LG