МагъчIваялъе рес

Навальный гIахьаллъизе вуго Москваялъул мэрасул рищиязда


Хамиз къоялда протесталъул акциязул заманаялда оппозиционияв активист Алексей Навальныясул рахъ ккурал хъвай-хъвагIал Пачалихъияб Думаялъул къадазда гьарулел рукIарал чагIазда тIад рагьун руго такъсир гьабиялъул ишал. Живго Навальный шамат къоялда вачIун вуго Кировалдаса Москваялде ва гьес баркала кьолеб букIана жиндир рахъ ккун къватIахъе рахъаразе. Гьес гьединго абуна Москваялъул мэрасул рищияздаги жив гIахьаллъизе вугин. «Кировлес» компаниялъул буголъи бикъанин абун туснахъалъул щуго сон кьун буго гьесие Киров шагьаралъул диваналъ. Гьеб хIукму къуваталде лъугьинегIан гьев эркенлъуда тун вуго.
XS
SM
MD
LG