МагъчIваялъе рес

Царнаевасул цIиял суратал къватIире къурав фотограф заманаялъ хIалтIудаса нахъе гьавун вуго


Rolling Stone даптаралъул августалда къватIибе бачIине бугеб номералъул аслияб гьумер
Rolling Stone даптаралъул августалда къватIибе бачIине бугеб номералъул аслияб гьумер
Америкалда полициялъул фотограф Шон Мёрфи хIалтIулеб бакIалда гьабизе буго хасаб цIех-рех, щайгурелъул гьес Boston Magazine абулеб даптаралъухъе Царнаев Жовгьарил цере къватIире кьун рукIинчIел суратал кьедал. Царнаевасда гIунтIизабулеб буго Бостоналда марафоналъул заманалда кьвагьиял гьариялъул гIайиб. ЦIиял суратазда Царнаев вахъун вуго гьев вахчун вукIараб расаялда жаниса къватIиве вачIунаго ва гьесул нодо бакьулъ бихьулеб буго снайперасул тункIица гIужие восун вукIин бихьизабулеб багIараб тIанкI. Мёрфил рагIабазда рекъон, гьес гьел суратал кьун руго Rolling Stone даптаралъул августалда къватIибе бачIине бугеб номералъул аслияб гьумералда Жовгьарил сурат кьезе букIиналъе протест хIисабалда. Мёрфил пикруялда, гьесул суратаз бихьизабулеб буго Царнаев «унго-унгояв такъсирчи вукIин». Цо-цо баяназда рекъон Шон Мёрфи заманаялъ хIалтIудаса нахъе гьавун вуго.
XS
SM
MD
LG