МагъчIваялъе рес

«Аль-КъагIидаялъ» лъазабулеб буго жидер лидеразул цояв чIваялъул


ГIарабазул бащдаб чIинкIиллъиялда бугеб «Аль-КъагIидаялъул» идараялъ лъазабулеб буго Йеменалда пилот тIад гьечIеб аэропланалъ щвезабураб кьвабиялъул хIасилалда жидер къукъаялъул лидерасул кумекчи чIван вугин. АрбагI къоялда видео-хитIаб интернеталда лъурав гьезул вакилас мухIкан гьабичIо СагIид аль-Шегьри кида чIваравали. Абу Супьян аль-Азди абун лъалев аль-Шегьри чIван вугин цебеги чанго нухалда лъазабун букIана Йеменалъул тIалъиялъ, ахирисеб нухалда исана январалда. СагIудиязул ГIарабиялда гьавурав аль-Шегьри жанив тIамун вукIана Гуантанамоялда америкалъул рагъулаб базаялда бугеб туснахъалда, амма 2007 соналда гьев гьениса къватIиве виччан вукIана.
XS
SM
MD
LG