МагъчIваялъе рес

Магнитскиясул реабилитация гьабичlо


Россиялъул Генералияб прокуратураялъ лъазабуна, Британиялъ инкар гьабунин Москваялъухъе Hermitage Capital абураб британиялъул фондалъул нухмалъулев кьезеян.

Хамис къоялда Москваялъул Твералъул диваналъ загьир гьабуна, цΙех-рехалъ рикΙкΙунхъе, Hermitage Capital фондалъул юрист Сергей Магнитскияс ва гьелъул бетΙер Уильям Браудерица гьарурал магъалабазул такъсиразул ишалда хурхараб хΙукму.

Диваналъе батун гьечΙо Магнитскиясул реабилитация гьабиялъе багьана. Гьесул иш чΙезабун буго гьев хун вукΙиналда бан. Браудерие бихьизабун буго туснахъалъул 9 сон.

Диваналъ чΙезабураблъун рикΙкΙун буго 520 миллион гъурщил магъалаби рахчизарун рукΙиналъул хΙужа. Сергей Магнитскияс живго гΙайибиявлъун рикΙкΙунев вукΙинчΙо.

Hermitage Capital фондалъул нухмалъулев адвокатаз Твералъул диваналъул хΙукмуялда бан гΙарза кьезе буго диваналъул тΙасияб инстанциялде. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна Интерфаксалъе адвокат Кирилл Гончаровас.
XS
SM
MD
LG