МагъчIваялъе рес

Царнаев Жогьарица нахъ чlвалел руго киналго гlайибал


Царнаев Жовгьар разилъун гьечlо жинда гlунтlизарулел гlайибазул цонигиялда. Гьесда гIунтIизабулеб буго Бостоналда марафоналъул заманаялда теракт гьабиялъул, пасалъи гьабулеб ярагъ хIалтIизабиялъул ва ункъго чи чIваялъул гIайибги малъун кинабниги 30 гlайиб. Гьев гIайиб бугевлъун лъазабуни, гьев чIвазе яги гIумруялъго жанив тIамизе хIукму къотIизе рес буго. Теракт гьабиялда щаклъи бугев Жовгьарил кIудияв вац Тамерлан чIван вукIана полициялъулгун ккараб кьвагьа-гIанхъиялда. 15 апрелалда Бостоналъул марафоналъул финишалда гьабураб кIиго кьвагьиялъул хIасилалда хун вукIана лъабго ва лъукъун вукIана 260-ялдаса цIикIкIун чи. Ункъабилев чи-полицияв чIван вукIана 19 апрелалда вацал Царнаевал кколаго.
XS
SM
MD
LG