МагъчIваялъе рес

Пугачевалда ахIвал-хIал гIодобе биччалеб буго


Пугачев, 08Июл2013
Пугачев, 08Июл2013
Саратов ракьалъул Пугачёв мухъалда ахIвал-хIал парахатаб буго. Гьедин лъазабуна арбагI къоялда жанисел ишазул министерлъиялъул регионалияб бутIаялда. Талат къоялъул къасиги Пугачев шагьаралъул гIадамаз цIидасан тIобитIун букIана протесталъул акция. Чанго нусго чияс дагьаб заманаялда къан букIана Самара–Саратов федералияб шагьранух ва тIалаб гьабулеб букIана чачанал шагьаралдаса нахъе гочинаризе. Гьеб киналъего гIиллалъун ккун букIана балугълъиялде вахинчIев чачанас кафеялда ккараб дагIба-рагIиялдаса хадуб 7 июлалда шагьаралдаса гIолохъанчи Маржанов Руслан чIвай. «Эхо Москвы» радиоялъул баяназда рекъон, бакIалъул хIакимзаби данделъун руго шагьаралъул гIадамалгун ва рагIи кьун буго ккаралъул мухIканаб цIех-рех гьабизе.
XS
SM
MD
LG