МагъчIваялъе рес

Кавказалъулазде данде халкъияб мажлис


Саратов областалда Пугачев шагьаралда итни къоялда тΙобитΙана халкъияб мажлис. Гьелъул гΙахьалчагΙаз нухмалъиялдаса тΙалаб гьабуна Кавказалъулал шагьаралдаса нахъе гъей. Гьелъие гΙиллалъун лъугьун буго армиялдаса вачΙарав Руслан Маржанов чΙвай.

Информалатазул лъазабиязда рекъон, рузман къоялъ къаси кафеялда Маржановасдаги чачанасдаги гьоркьоб ккун буго гъалмагъир. Ахирисес оппоннентасда кьабун буго чанго нухалъ скальпель.

Цо-цо лъазабиязда рекъон, Маржанов хун хадуб, шагьаралда бакΙалъулал гΙадмаздаги гьев чΙваялъул шаклъи бугесул гьалмагъзабаздаги гьоркьоб ккун буго рагъ. ЧΙваялъул щаклъи бугев ккун вуго.
XS
SM
MD
LG