МагъчIваялъе рес

БакIал ралезул данделъи


Гьез гьенир рорхизе руго МахIачхъалаялда ва гьелда сверухъ ралел бакIазда хурхарал суалал. Масала, аслияб букIине буго рарал бакIазул хъвай-хъвагIай гьабизе пачалихъиял хъулухъчагIаз гьездаса тIалаб гьабулел ришватазул суал.

Жидеца цере лъолел тIалабазухъ гIенеккизе бакIал ралел чагIаз Авартеатралде ахIун руго Дагъистаналъул нухмалъиялдасаги МахIачхъалаялъул мэриялдасаги вакилзаби.

ГьанжегIагар жамгIияв хIаракатчи МахIмудов ХIажимухIамадица республикаялда гIуцIун буго чанго тIала бугел, гьитIинал минаби ралел компаниязул цолъи. Масала, лъагIалида жаниб шагьаралда гьез бан буго гIадамаз гIумру гьабулел минабазул 250 азарго квадрат.

ХIукуматалъе хIисаб кьолелъул тахшагьаралъул хъулухъчагIаз гьеб рехсолеб буго жидецаго гьабураб хIалтIуда гъорлъ. Амма гьелдаго цадахъ хъулухъчагIаз жидеда данде рагъги балеб бугин бицана МахIмудов ХIажимухIамадица Эркенлъи Радиоялъе.

Гьедин рарал минабахъе газ, канлъи, лъим бачунеб мехалда компаниязухъа ришватал тIалаб гьаризе, ялъуни букIине кколелдасаги цIикIкIун гIарац бахъизе лъугьунила гьел жидехъа.

МахIмудов ХIажимухIамад: «Гьединлъидал нижее къваригIун буго гьаб жо нижеца Китиаялъе гьабулеб жойищ, ялъуни МахIачхъалаялъе гьабулебищан суал лъезе. ГIабдулатIиповасги абулеб бугелъул хIалтIи гьабулел чагIи къваригIун ругилан. Гьедин нижеца гьесда цебе суал лъезе буго хIалтIи гьабулелищ къваригIун ругел, яги гьеб гьукъулелищ абун».

Республикаялда, хасго МахIачхъалаялда бакIал раялъулъ тартиб чIезабизе ккеялъул суал дагьалъ цебе республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги борхун букIана. Амма гIадатиял гIадамазги гьелъул бицунелдаса гIезегIан заман буго.

Гьедин гьез абула МахIачхъала шагьаралда релълъун гьечIин, архитектураялъул хаслъиги гьечIин, бокьа-бокьаралъур рарал минабаз гIадамазе рилълъанхъизегицин бакIги хутIун гьечIин.

Гьедин Рамазан ГIабдулатIиповасги лъазабуна бечедал чагIаз кIалгIабиги ран, ралъдал рагIалде нух щолеб гьечIин гIадатиял гIадамазе.

Гьединлъидал МахIачхъалаялъул архитекторасеги депутатазеги, иш кодосел цогидазеги гьес тIадкъай кьун буго гIагараб заманалда жанир гьел риххизаризе. Амма гьеб суал тIубазе кIвеялда щаклъи буго гIадамазул.

Щайин абуни бицен гьабулел кIалгIабазул бетIергьаби аслияб куцалда хIукуматалъул вакилзаби кколел рукIун.

МахIмудов ХIажимухIамад: «МагIардейищ инел, яги Япониялда гIадин ралъдада тIадищ бакIал ралелани. Гурони батIияб нух гьечIоха хутIулеб. Цо генералияб плангIаги букIарабани – гьаб бакIалда росу балин, гьаниб щибалиго гьабилин бихьизабураб. Гьанже кIудияб питна-хIур кколеб жо бугоха гьеб – ракьал нахъе росун, минаби риххизарун жал гьаризе ккани. Кин гьеб гьабизе бугеб?».

ПалхIасил, гьелги цогидалги суалал рорхизе руго гьатIан къоялъ Авартеатралда. Амма рачIинадай гьенире хIакимзаби абураб суалги буго.

Гьанже МахIачхъалаялда мэрги хисун вугелъул, республикаялъул нухмалъулесги хIакимзаби хIалтIизе тIамулел ругелъул, рачIинин абураб хьул буго МахIмудов ХIажимухIамадил.
XS
SM
MD
LG