МагъчIваялъе рес

Интернет-годекIаналдаса харбал 1-7 июль


Russia -- Blogs review
Russia -- Blogs review

Дагъистаналъул блогераз гьаб анкьалъ гьоркьор лъурал суалал рукIана батIи-батIиял. Бищунго гIемер бицана республикаялда ругел тIадегIанал цIалул идарабазул 80 % къазе бегьула абун парламенталъул депутатаз гьабураб лъазаби. Гьелда хурхун блогеразда гьоркьоб бахIс унеб букIана.

ТIоцересезул пикруялда рекъон, цIалул идараби къай битIараб буго, щайгурелъул гьенисан кьолеб лъай хашаб буго ва гьеб тадбиралъ лъайкьеялъул даража борхинабизе ккола.

КIиабилезул пикруялда рекъон, цIалул идарабазде лъугьине рес щвечIел гIолилал изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кьеразулъе ккеялда хIинкъи буго.
«Руго цо-цо цIалул идараби, кинабгIаги лъайги кьоларел, эбел-инсудаса гIарацги босун экзаменал ричун росулел.

Гьединал бакIазда хIалтIулелги рукIуна цоги цIалул идарабаздаса мугIалимзаби, жидерго харжазда тIаде жеги гIарац бокьарал.

Гьел бакIал къачIого рес гьечIо» - ян хъвалеб буго Фейсбукалда МахIачхъалаялда ругел университетазул цоялда хIалтIулей КъурамухIамадова Заремаца. Гьелда рази гьечIо МухIамад ГIариф абурав блогер. «ЦIализеги росичIел, хIалтIиги гьечIел чагIи ине руго рохьоре.

Гьел цIалул идарабазда гьезие шуго соналъ гьабизе жогIаги буго», - абун хъвалеб буго гьес.

Лъабабилезул пикруялда рекъон, гьеб хIалтIи мухIканго гьабизе ккола, щайгурелъул цо проблема роцIцIинеян цогидаб гIуцIизе рес буго.
Лъайкьеялъул процессалда хурхун унеб ахIи-хIур байбихьана исана цогояб пачалихъияб экзаменалдаса (ЕГЭ).

Гьеб экзамен тIобитIулаго гьарурал гъалатIазул хIасилалда хIалтIудаса эркен гьавизе вуго 30 лъайкьеялъул идарабазул хIалтIухъан абун лъазабуна Дагъистаналъул лъайкьеялъул министер ТIалхIатов Артурица.

Хамиз къоялъ тIобитIараб данделъиялда президент Рамазан ГIабдулатIиповас бицана гьабсагIаталда гьеб гIайибалдалъун хъулухъалдаса нахъе гьавунин анкьго мухъазул лъайкьеялъул идарабазул нухмалъулев ва микьго школалъул мугIалим.

Мекъаблъун рикIкIун буго азаргоялде гIунтIун цIалдохъанасул хIалтIи.
Блогераз гIемерисез гьеб тадбиралъул рахъ кколеб буго. Амма цо-цояз бицунеб буго унго-унго гIайиб ккарал чагIиги тун, цере ккарал хъулухъаздаса ратIа гьарун ругин.

«ТIоцебесеб иргаялда хъулухъалдаса ватIа гьавизе ккола живго лъайкьеялъул министер, хадур гьесул кумекчагIи», - абун хъвалеб буго жиндирго блогалда АхIмад Ас-Сугъури абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас.

Цогоял экзаменал кьолаго батIи-батIиял школазда хал гьабун вукIарав Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мугIалим ГIабдурахIимов ИсмагIилица Эркенлъи радиоялъе гьеб суалалда хурхун гьадинаб баян кьуна.

ГIабдурахIимов ИсмагIил: «МугIалимзаби ва лъайкьеялъул хIакимзаби хIалтIудаса нахъе гьари буго гьеб системаялда щибниги хисизабизе хIаракат бахъи. Гьединаб хIалтIи тIубараб Россиялдаго унеб буго.

Цоги регионазда дандеккун Дагъистан цохIо квешаб рахъалъ гурони бихьазабулареб мехалъ, цогоял экзаменазда хурхунги нилъер регион бищунго квешго бихьизабулеб буго.

Нилъер президент Р. ГIабдулатIиповасда гьеб бихьулеб буго ва цоги регионазда дандеккун кинаб бугониги гIадлу букIиналъул мурадалда, гьадингоги лъикIаб гуреб реклама бугеб республикаяда тIад хIалтIи гьабулеб буго.

ХIасил кьелищ гьеб тадбиралъ абун цIехани, гьелъул бицине жеги цудунго буго. ГIунгутIаби рукIана цохIо Дагъистаналда гурел, киса-кирего, амма лъилниги интерес гьечIо цоги регионазде.

Кинаб бугониги чороклъи Россиялъул бокьараб системаялда тIатулеб бугони, гьеб тIоцебе Дагъистаналда рекIинабулеб гIадат буго. Мисалалъе, Ставрополалда рукIана гьел экзаменал кьолаго гIемер гъалатIал.

Цо экзаменалъе Россиялда 100 балл бугеб анкьаго хIалтIудаса анлъгояб букIана Ставрополалдаса. Амма бихьизабулеб буго цохIо Дагъистан».

Цойги блогосфераялда гIемер бицунеб буго хIижабалда хурхун президентас гьабураб лъазабиялъул хIакъалъулъ.

АрбагI къоялъ терроралда данде къеркьеялда хурхун гьабураб данделъиялда МахIачхъалаялъул централияб мажгиталъул имам МухIамадрасул СагIадуевас гьоркьоб лъуна школазда гIаммаб форма ретIиналъул суал.

Гьелда хурхун Рамазан ГIабдулатIиповас абуна школазда кIаз бухьани гьелъул бегьунгутIи гьечIин. Динияб идараялъул, лъай кьеялъул министерлъиялъул ва культураялъул минстерлъиялъул вакилзабиги данделъун, цогояб, кIаз бухьине рес кьолеб школалъул гIаммаб форма гIуцIеян лъазабуна гьес данделъиялда.

Блогосфераялда нахъойги хIижабалда хурхун бахIсал байбихьана. ГIемерисез загьир гьабулеб буго ратIлил формаялда гьедигIан кIвар кьезе ккеларин, гьелда щун ругел цоги лъайкьеялъул масъалаби цере лъезе кколин абураб пикру.
XS
SM
MD
LG