МагъчIваялъе рес

Пиллэйица - «Вацал-бусурбабазул» бутIрул кквеялъул хIакъалъулъ


Цолъарал Миллатазул гIуцIиялда цебе бугеб Инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъан идараялъул бетIер Нави Пиллэйица рузман къоялъ абуна жиндир рахIат хвезабун бугин «Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-бачариялъул бутIрул кквеялъ.

Зулму ва къисас боси данде кколарел ишал ругин, абуна гьелъ. Конфликталъул кIиябго рахъалдехун юссун, Нави Пиллэйица ахIи бана инсанасул ихтияразул хIурмат гьабиялде.
XS
SM
MD
LG