МагъчIваялъе рес

Москваялъул диваналъ Амиров эркен гьавичIо


3 июлалда Москваялъул диваналъ инкар гьабуна МахIачхъалаялъул вукIарав мэр СагIид Амиров туснахъалъуса виччазе. Адвокатаз гьарулеб букIана цIех-рех лъугIизегIан гьев Москваялда бугеб жиндирго рокъове виччайин. Щайгурелъул гьев кутакалда унтун вугин. Амма хIакъикъаталда гьесул бугеб унти чIезабурал документал тIагIун рагIула.

Живго СагIид Амиров Басманный диваналде вачIун вукIинчIо. Гьесулгун видеоконференция «Лефортово» туснахъалдасан гьабуна.

Амировасул сахлъи лъикI гьечIолъиялъе нугIлъи гьабулел документал тIагIинарун ругин цIех-рехалъул документазда гьоркьосаян лъазабуна 3 июлалда Амировасул адвокат Марк Крутерица.

Гьел тIагIун рагIула Басманный диваналдаса Москва шагьаралъул диваналде ритIулеб мехалда. Диваналъ хIисабалде росана адвокатасул тIалабал. Амма инкар гьабуна Амировасул сахлъиялъе къимат кьолел тохтурзабазухъа сурав босизе.

Живго Амировасги такрар гьабуна бохдул хIалтIунгутIиялъги цогидал унтаби хIалуцун рукIиналъги жинцаго жиндихъанго хIажат тIубан бажарулеб гьечIин, гьединлъидал жив рукъалъул туснахъалде вачеян абураб гьари.
Москваялъул Басманный диваналъ цебеккунго гьабураб хIукмуялда рекъон, СагIид Амиров туснахъалъув чIезавизе ккола исана 1 августалде щвезегIан.
МуртазагIали МухIамадов, Амировасул пресс-секретарь: «СагIид Амировасул сахлъи щулалъулеб гьечIо, тIадеялдаса тIаде хIалуцун гурони. Амма гIезегIан къвакIарав чи вукIиналъ гьедигIан цо хIал лъазеги толеб гьечIо гьес».

ЦIех-рехчагIи божулел гьечIо адвокатаз ккурал тохтурзабаз Амировасул сахлъиялъе кьураб къиматалда.

Тохтурзабазул пикруялда рекъон, СагIид Амиров хасаб стационаралде вачине ккола, гурони къокъаб заманалда жанив хвезе бегьула гьев.

Гьединаб хIукму тасдикъ гьабулеб буго Россиялъул мустахIикъав тохтур Виктор Колкутиницаги.

Масала, Амировасул сахлъи жагъаллъиялъе нугIлъи гьабулел хIужабазда гьоркьор рехсолел руго 1993 соналда гулла щун мугъзал гьодиде хIалккейги, диабетги, гепатитги, мукъур унтиги, цогидабги. Гьединго гьесие кутакалда захIмалъулеб бугин хIажат тIубазеги.

Амма гьелдаго цадахъ «Лефортово» туснахъалде цIех-рехчагIазги ахIун руго Амировасул хал-шал гьабизе урологги невропатологги.

Амировасул адвокат Алмаз Казиевас 3 июлалда букIараб диваналъул данделъиялда бицана «Лефортовоялъул» нухмалъулесгицин абунин жидер туснахъалда Амиров гIадал чагIазе хIажатал шартIал гьечIин, гьединлъидал кIвараб хIаракат бахъейин гьев гьениса нахъе вачине.

ЦIех-рехчиясе бокьани, тохтурзабаз абуниги абичIониги виччалин гьев къватIивейин абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.

СагIид Амировасул унтабазул сияхIалъухъ балагьун, Россиялъул къануназда рекъон, гьев туснахъалда тезе бегьуларин, халкъазда гьоркьосел къанунал хвезабиги кколин гьелъул магIнаян абуна Амировасул адвокат Крутерица.

Гьедин гьес мисалалъе ячуней йиго «Оборонсервисалъул» ишалда бан жаний тIамурай Васильева. Диваналъ хIукму къотIизегIан гьей рокъой йиччан йигин, вагъаризе кIоларев Амировин абуни сверухъ ругезе хIинкъи бугев чилъунги рикIкIун туснахъалъуса къватIиве виччалев гьечIила.

Дагъистаналдаса адвокат ГIумаров ГIадилгерейицаги рикIкIунеб буго квералдаги хIатIаздаги электроннияб рачелги бан толин рукъалъул туснахъ бихьизабурал чагIи.

Гьединлъидал Амировги кивениги унарин гьедин гьабуни. Гьес гьединго мисалаллъе вачунев вуго Дагъистаналъул жанисел ишазул министр чIваялъул гIайибги гIунтIизабун, туснахъалда тIамичIого къватIив тун вукIарав Андрей Резановги.

ГIадилгерей ГIумаров: «Мунагьал чураяв ГIадилгерей МухIамадтIагьиров чIваялъул гIайиб тIад чIарав Резанов бенгьулев вукIун вуго диван гьабизегIан эркенлъуда тезе, унтарав, соборав, жиндихъанго хIажат тIубан бажаруларев СагIид Амиров абуни тезе бегьулев гьечIо, уйищ?

Бащдаб хIукумат бичараб улка цIуниялъул министр къватIив толев вуго… Гьедин Амиров тезе бегьунгутIиялъул магIна щиб? Гьеле гьединаб буго адвокат хIисабалда дир пикру».

Амиров МахIачхъалаялдаса ккун ана исана 1 июналда. Гьесде гIунтIизабулеб аслияб гIайиб буго цIех-рехчи ХIажибегов Арсен чIвай. Гьединго руго баянал дагьалъ чIун гьесда тIаде рехулин ахираб заманалда Дагъистаналда гьарурал терактазулги цогидалъулги гIайибал.

Живго Амиров гьелъие мукIурлъулев гьечIо, гьес абулеб буго гьел ругин ургъун рахъарал гIайибал.

14 июналда республикаялъул нухмалъиялъ хIукму гьабуна цIех-рех рагIалде бахъинегIан СагIид Амиров МахIачхъалаялъул мэрасул хъулухъалдаса нахъе вахъизе. Гьединго гьал къоязда «Единая Россия» партиялъ лъазабуна жидеца партиялдаса нахъе реханин гьевги Перзият БахIандоваги.

Гьей ккола Амировасул лъадул яц. СагIид Амиров эркен гьавеян «Единая Россиялъул» цIаралдасан гьереси-кагътал ритIун ратанин БахIандовалъин лъазабун букIана гьеб партиялъ.
XS
SM
MD
LG