МагъчIваялъе рес

М.Рабаданов: «ГIадлу гьабичIони метер майданалдаги рала тукаби»


МахIачхъалаял]ek мэрасул ишал тIуралев МуртазгIали Рабаданов,
МахIачхъалаял]ek мэрасул ишал тIуралев МуртазгIали Рабаданов,

14 июналдаса нахъе МахIачхъалаялда цIияб бакIал раялъе хIажатал документал кьезе гьечIо. Гьедин лъазабуна талат къоялъ шагьаралъул администрациялда тIобитIараб данделъиялда мэрасул ишал тIуралев МуртазгIали Рабадановас.

Гьес бицана шагьарада бакIал раялъул гIадлу хвезабун бугеб куцалъул гьединлъидал рукIине кколел халгьабияздаса хадуб гурони бакIал разе ракьалги, гьеб ишалъе хIажатал кагъталги кьезе гьечIилан.

МуртазгIали Рабаданов: «14 къоялдаса нахъе киналниги бакIалраялъе хIажатал документал кьезе гьечIо лъиениги. БукIине кколеб хIалалъ ралел гьечIел бакIалги чIезаризе руго. Риххизаризе ккани гьебги гьабила.

Гурони бажарулеб хIал гьечIо шагьаралда. РакIалде ккаралъуб балеб жойищ букIунеб рукъги, тукенги, заправкаги. ГIадамазе рилълъине бакI течIого, нухдаги, ччукIун инеб бугеб бакIалдаги, хьуцIдаги, кьищни-къулалъул гохIдаги ран рукIуна нилъер гьанир гIемертIалаял рукъзалцин.

Гьеб киналъего гIадлу гьабизе къваригIун буго. Гьединлъидал букIине кколеб халгьабиялдаса хадуб гуроин гьел документал лъиениги кьезе гьечIо»

Гьединго данделъиялда МуртазгIали Рабадановас бицана гIадамаз лъидаго гьикъичIого, бокьараб бакIалда ракьал кквеялъул хIакъалъулъги. Гьеб рахъги гIадлуялде бачине кколин, гурони киналниги гIурхъаби хвезарун ругин гьезиланги лъазабуна тахшагьаралъул бетIерас.

Гьес мисалалъе бачана МахIачхъалаялъул Сепораторный абулеб мухъалда лъималазул ах базе бихьизабураб бакIалдацин гIадамаз тукабиги, минабиги ран ругилан. Гьанже ясли ах баялъе гIарацги щвараб, ресалги кьураб мехалда гьеб бакIалда гьеб базе бакIцин хутIун гьечIилан.

Гьединлъидал гьеб суал гIадлуялде бачинчIони метер шагьаралъул майдан бакьулъги тукаби разе лъугьинила нилъер гIадамалилан.

МуртазгIали Рабадановас данделъиялда гьединго бицана жиндихъе цIакъ гIемер гIарзал рачIунин бегьуларелъуб бакIал раялъул бицунилан. Мисалалъе бачана гьес гьал гIагарал къояз жиндихъе рачIун рукIанила Петр ТIоцевесул къотIноб бугеб цо минаялъур гIумру гьабун ругел гIадамал.

Гьез жидер рукъалда цебе кIиго метрацин гьоркьоб течIого гIемер тIалаялъул мина балеб бугилан гIарз бахъулеб бугин. Гьеб дунялалда кибниги букIине бегьулеб иш гурин, хасго нилъер гьаниб бокьараб мехалда ракьбагъаризе бегьулелъулин лъазабуна мэрасул ишал тIуралес ахиралдаги.

Данделъи къалаго гьел киналго бакIалраялъул суалал тIуразе ва халгьабиялъе хасаб комиссия гIуцIун бугин, гьезул халгьабиялдаса хадуб балагьилин кин бакIал разе хIажатал документал кьелелали.
XS
SM
MD
LG