МагъчIваялъе рес

Россиялъул гIалимзабазе реформа бокьун гьечIо


Талат къоялъ Москваялда тIобитIана Россиялъул гIелмияб Академиялъул реформа гьабиялде данде гIуцIараб митинг.

ГIалимзаби разиял гьечIо араб рузман къоялъ Пачалихъияб Думаялда цебе лъураб гьеб реформаялъул проекталда.

Гьезул хIисабалда гьадинаб реформаялъ гIелму тIагIинабизе бегьулин.

Пачалихъияб Думаялъ рехсараб проект тIоцебесеб цIалиялда хIисабалде босизехъин буго арбагI къоялъ.
XS
SM
MD
LG