МагъчIваялъе рес

Таксирчилъиялъул рахъалъ Хважалмахи цебесеб кьерда буго


30 июналъул къаси Леваши мухъалъул Хважалмахи росдада аскIоб щалали лъаларел чагIи кьвагьдана Москваялда вугев Дагъистаналъул официалияв вакиласул кумекчи Артур Захарян рекIараб автомобилалде.

Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон автомобилалъул бетIергьан 33 сон барав Ростехнадзор абураб идараялъул хIалтIухъан ва гьесда цадахъ рукIаразе тунка-гIуси гуреб тIокIаб къварилъи ккун гьечIо.

Гьаб сагIаталда жаниб лъугьа-бахъиналъул цIех-рех унеб буго. Гьеб такъсир гьабиялде щаклъи букIун цо чи ккунги вуго Къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз.

ЦIех-рех лъугIизегIан гьесул хIакъалъулъ баянал жеги къватIире кьун бажаруларин лъазабулеб буго полициялъулаз.

ГьатIан къоялъул сардилъ гьебго Хаджалмахи росдада аскIоб бугеб фермаялда аскIор росулъ гIадлу-низам цIунун ругел гIолилазде ва полициялъул хIалтIухъабазе кьвагьдон руго щалали чIезарун бажаричIел чагIи.

Полициялъулаз данде кьвагьаниги гьел чагIи тIурун рорчIун руго. Фермаялда аскIоб кIудияб гвандиниб батун буго квен-тIехги, рега-рахъине гьарурал санагIалъабиги, ярагъги. Полициялъ фермаялъул бетIергьан ккун вуго, гьеб ишалда хурхун цIех-рех унеб буго.

1 июлалда полициялъ лъазабуна цебехун рехсараб Хаджалмахи росдада аскIоб ярагъ ва кьвагьулел алатал рахчун ратанилан. Гьениб батараб чанго гранатаги, 10 килограмм тротилалъул къуват бугеб кьвагьулеб алатги полициялъулаз гьенибго кьвагьизабун буго.

Гьединго итни къояъул радакь ЦIунтIа мухъалъул Мокъокъ росдада рикIкIад гьечIеб бакIалда щалали лъаларел чагIаз полициялъул хIалтIухъабазде кьвагьи бахъинабуна, тIадекIанцIиялъул хIасилалда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазе къварилъи ккун гьечIо.

Гьеб кьвагьи ккараб заманалдаго Буйнакск шагьаралда жиндирго рукъалда аскIов ункъго гуллаги речIчIун чIван вуго 1976 соналъ гьавурав ХIажи Асадулаев. Гьев чIваялъе гIилла жеги лъаларила, лъугьа-бахъиналда хурхун цIех-рех унеб бугилан лъазабулеб буго цIех-рехалъул идарабаз.

Кавказский Узел сайталъул баяназда рекъон ахираб анкьида жаниб рагъ-кьалалъул хIасилалда Шималияб Кавказалда 40 чиясе зарал ккун буго. Гьезул анцIгояв хунги вуго. Къадар щваразда гьоркьов щуго дагъистаниявги вукIун вуго, лъукъун вуго нилъер 8 чи.
XS
SM
MD
LG