МагъчIваялъе рес

Царнаев Жовгьарида официалиял гIайибал гIунтIизарун руго


Америкаялда диванханаялъ официалиял гIайибал гIунтIизарун руго Царнаев Жовгьарида. Гьесда гIунтIизабулеб буго вац Тамерлангун цадахъ Бостоналда марафоналъул заманаялда кIиго кьвагьи гьабиялъул гIайиб. Жовгьарида гIунтIизабулеб буго гIемерав чи цадахъго чIвазе рес бугеб яргъил кумекалдалъун ункъго чи чIваялъул гIайиб. 15 апрелалда гьез гьарурал кьвагьиязул хIасилалда хун вукIана лъабго ва лъукъун вукIана 250 чи. Хваразул ункъабилев вуго 19 апрелалда гьел кквезе хIаракат бахъарав, гьез лъукъарав ва хадусан хварав полицияв. Гьеб мехалда Тамерлан чIван ва Жовгьар лъукъун ва ккун вукIана. Жовгьар жегиги вуго туснахъалъул азарханаялда.
XS
SM
MD
LG