МагъчIваялъе рес

"За права человека" махΙрум гьабун буго офисалдаса


Россиялда Цолъарал штатазул вакил Майкл Макфолица лъазабуна, Вашингтоналъул ургъел ккун бугин Москваялда «За права человека» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙиялъухъа офис бахъиялда банин. Дипломатас Твиттералда тараб хъвай-хъагΙаялда абулеб буго, гьеб кколин Россиялда гражданияб жамгΙият хΙинкъизабиялъул иргадулаб галийин.

Нижер радиоялъе комментариял гьарулаго, Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул бетΙер Людмила Алексевалъ лъазабуна, лъугьа-бахъараб кколин пачалихъалъул рахъалдаса вахΙшияб, сурукъаб ва къануналде кинабгΙаги хурхен гьечΙеб акцияйин.

Рузман къоялъ къаси инсанасул ихтиярал цΙунулезул офисалъул штурм гьабун буго. ГΙуцΙиялъул бетΙер Лев Пономаревасул рагΙабазда, гьев квешго вухун вуго. Гьесулго рагΙабазда гьел гΙадамал рукΙун ратизе бегьула ФСБялъул яги мэриялъул хΙалтΙухъаби.
XS
SM
MD
LG