МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналъул талибаз шартΙал лъолел руго


Афгъанистаналъул талибаз лъазабун буго, жал хΙадурал ругин 2009 соналда кверде росарал америкаялъул солдатал Гуантанамо туснахъалда ккун ругел талибазухъ хисиялда хурхарал кΙалъа-басаял тΙоритΙизеян.

Талибазул пресс-секретарь Шагьин Шихаилица лъазабун буго Катаралда тΙоритизе ракΙалда ругел кΙалъа-басаязда гьеб суал жидер букΙине бугин тΙоцебесеб бакΙалдайин.

Цолъарал штатазул афгъанистаналъул ва пакистаналъул суалазда сверун хасав вакил Джеймс Доббинсица лъазабуна Катаралда талибазулгун тΙоритΙизе ракΙалда ругел кΙалъа-басаязда гΙахьаллъиялъул суал нахъе танин жинцайин.
XS
SM
MD
LG