МагъчIваялъе рес

Туркиялда ккурав Россиялъул журналист хвасарлъана


Туркиялъул премтьер-министр Ражаб ТIайгьип Эрдогъаница нахъеги ахIи бана Истанбулалда бугеб Гези абулеб ахикь чадиразул мархьи гIуцIаразде, дагба гьабичIого ах теян абун.

Рузман къоялъ гьенив полициялъ ккуна Россиялъул эркенав журналист Аркадий Бабченко. Шамат къоялъ гьев тхвасар гьавун вуго.

Бабченкол рагIабазда рекъон жинца полициялъул автомобилазул суратал рахъунел рукIанин. Гьеб мехалъ гражданияб форма ретIарав кIиго чияс гьесде абуна гьеб иш теян.

Хадуб гьез жив вухханин ва гьелдаса нахъе цин азарханаялде цингиги полициялде швезавунзавун вукIанин.

Бабченко Истанбулалде вачIун вукIана хасго гьел демонстрациязул хIакъалъулъ репортажал гьаризе.
XS
SM
MD
LG