МагъчIваялъе рес

Ираналда байбихьана президентасул рищиял


Ираналда рузман къоялъ байбихьана президентасул рищиял.

Гьанжесев президент Мах1муд Ах1мадинежадица жиндирго хъулухъ тезехъин бугин гьел ризияздаса нахъе.

Гьаб нухалъ аслияб къец унеб буго Ираналъул атомияб программаялда хурхарал халкъаздагьоркьосел к1алъа-басаязда пачалихъияб къукъаялъул вук1арав бет1ер ХIасан Роганиясда ва Тегераналъул мэр МухIамад Бакер Калибафида гьоркьоб.

Президентлъиялде вач1ине къасд гьабулеб буго жеги ункъго кандидатас – исламалда хурхараб политикаялъул рахъ ккурал.

Нагагьлъун т1оцебесеб тур х1асил гьеч1ого лъуг1ани, к1иабилеб тур бук1ине буго 21 июнялда.
XS
SM
MD
LG