МагъчIваялъе рес

Рабадановас ректорат мэриялъухъ хисана


МуртазагIали Рабаданов
МуртазагIали Рабаданов

13 июналъ МахIачхъалаялъул администрациялда тIобитIана Дагъистаналъул тIалъиялъул вакилзабазул ва шагьаралъул муниципалиял хъулухъазул хIалтIухъабазул ва депутатазул дандчIвай. Гьеб данделъиялда цIияв тахшагьаралъул мэрасул ишалтIуралевлъун МуртазгIали Рабаданов тIамун вугинги бицана хIукуматалъул вакилзабаз.

ЦIияб хъулухъалде тIамизегIан МуртазгIали Рабаданов Дагъистаналъул Пачалихъияб Университеталъул ректорлъун вукIана. Гьесда цеве вукIарав мэрасул ишал т Iуралев БахIанд МухIамадов хIухьбахъиялде ун вуго. МухIамадов хисулевлъун тIамун вукIарав Рабадановги гьесул хъулухъалде ккун вуго.

Дагъистаналъул президентасул ишал тIуралев Рамазан ГIабдулатIиповас Инстаграм социалияб бухьеналлда жиндирго гьумералда хъван буго жив цIакъ гIемер ургъулев вукIанин щидай шагьаралъул бетIерлъун телаян.

Хадубги университеталъул ректор, европаялъулаб лъай щварав Рабаданов МуртазгIали тезе ракIалде кканилан. Гьелъ цойги нухалъ бихьизабулеб бугила Дагъистаналъул тIалъиялде лъай бугел, гьанжесеб пикруялъул гIадамал рачIине кколеллъи.

Жиндица республикаялъул хIукуматалда ва хасгьабун чанго министрасда лъазабунила цIияв шагьаралъул мэрасул ишал тIуралевгун цадахъ МахIачхъалаялда гIадамазе гIумру гьабизе бигьалъиялъе ва санагIалъиялъе гьабизе кколебщиналъул план хIадурейилан.

Бищун цебе ЖКХ ялъул ва транспорталъул багьабазе гIадлу гьабеян. Кинабго рагьун , гIадамазда цадахъ гьабизе кколилан, МахIачхъалаялда бищунгоц цебетIураб ва хIасилал кьолеб нухмалъи букIине кколилан, абулеб буго Рамазан ГIабдулатIиповас Инстаграммалда гьабураб хъвай-хъвагIаялда.

Рабаданов цIияб хъулухъалда теялдаса роххел загьир гьабулел гIадамал гIемер руго, гьев мэрасул рищиязда гIахьаллъулев вугони жал гьесие гьаракь кьезе инчIого рукIинарин лъазабулеб буго социалиял бухьеназда батIи-батIиял чагIаз.

МахIачхъалаялдаса юрист Сулейман Сулеймановасги цIияв мэрасул ишал тIуралев лъикIав гIуцIарухъанги бажари бугев хIалтIухъанги вугин рикIкIунеб буго.

Сулейман Сулейманов: "Шагьаралъул бетIерлъуда гьев чи теялъе гIилла буго гьев цеве вукIарав мэрасул къапилаялда гъорлъ вукIинчIев чи, кIиабизеги гьев ккола гIелмияв хIалтIухъан вукIин.

ЦIияв президент Рамазан ГIабдулатIиповасе живго гIадал гIелмиял чагIи гIагарал ратилаха. МуртазгIали Рабадановас хIалтIуде вачIун гIемераб заман бачIониги живго лъикIав ректор хIисабалда вихьизавуна.

Гьес бихьизабуна жиндирго бажариги, хIалтIизе гъираги. Додинаб кIудияб коллективалъе нухмалъиги гьабун бажаруелев, шагьарги лъалев чиясда бажарилеб батила МахIачхъалаялъе лъикIаб нухмлъи гьабун".

ЭР: - Дур пикруялда рекъон Рабаданов гьеб хъулухъалде тIамулелъул гьев дарги миллаталъул чи вукIин хIисабалде босанадай?

Сулейман Сулейманов: "БатIаго МахIачхъалаялда даргинав вукIине кколин абураб бакIги дида кибго бихьичIо. Гьел бищунго дагь руго МахIачхъалаялда, миллатазухъ балагьун толев вугони гьеб хъулухъалда магIарулав вукIине ккола.
МагIарулал гIемер руго шагьаралда, амма гьеб рахъ хIисабалде босун батилин кколаро дида ракIалде. Гьединал хъулухъазда толаго миллат цIехон гуро толел. Миллаталъул тIалабал тIуразе гурев шагьаралъул тIалабал тIуразелъидал гьев гьенив толев вугев".

Миллат цIехон гуро гьев ректорлъунги тIамун вукIарав. Чанго соналъ МуртазгIали Рабадановасда цадахъ хIалтIарав ХIусен Халилулаевас бицана гьев вугила бажари бугев нухмалъулев, гьев вачIун хадуб университет цIилъанин.

Гьесухъ шагьарги гьединго цIигьабун бажариялда ракI чIолила жиндир.

ХIусен Халилулаев: «Гьев вуго кутакалда жиндаго ракIалда бугеб иш рагIалде бахъинабулев, бажари бугев чи. Чаналиго батIияб миллаталъул вакилзаби ругеб кIудияб университеталъул коллективги нухда бачана гьес.

БатIа бахъизе лъалареб хIалалъ цIигьабуна университетги, гьеб тIасан ва жанисан къачIана цIакъ берцинго. Гьеб гуребги гIелмияб рахъалъги цебе тIуна гьеб. Ахирал саназда жаниб чанцIулго Россиялъул лъикIал тIадегIанал цIалул идарабазул сияхIалда гьоркьобеги босана Дагъистаналъул Пачалихъияб Университет.

Гьединлъидал шагьаралъул захIмалъабиги, масъалабиги тIуранги бажарула гьесухъ. Дир пикруялда рекъон гьеб буго Рамазан ГIабдулатIиповасул цIакъ битIараб хIукму".

МуртазгIали Рабаданов ккола физикиял –гIелмабазул доктор, профессор. Гьес Дагъистаналъул Пачалихъияб Университеталъе нухмалъи гьабуна 2007 соналдаса нахъе.
XS
SM
MD
LG