МагъчIваялъе рес

Москваялъул хиял буго Тибилисигун визабазул къотIи-къай гьабизе


Москваялъул хиял буго гьаб гIагардисеб заманалда Тибилисигун къотIи-къай гьабизе визаялъулаб низам тамахлъизабиялда бан.

Гьадин лъазабуна хамиз къоялъ Россиялъул къватIисел ишазул министр хисулев Григорий Карасиница.

Аммаила, тIаде жубана гьес, визаялъул режим нахъе бахъиялъул суал цебе лъезе жеги цудунго бугин.

Гуржистаналъулгун Россиялъул дипломатикиял бухьенал гьоркьоса къотIун рукIана 2008 соналда багъарараб рагъулаб конфликталдаса нахъе.
XS
SM
MD
LG