МагъчIваялъе рес

2 соналда жаниб Сириялда 2000-гIан лъимер чIвана


КIиго соналда жаниб Сириялда халат бахъунеб конфликталда аза-азар лъим ер чIван вуго, ян лъазабулеб буго Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъул хасаб докладалъ.

Гьеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъул баяналда рекъон Сириялъул хIукуматалъул аскарияз лъимал ризго хIалтIизарулел ругин чIагояб хъал хIисабалда.

Гьеб гуребги, абулеб буго рехсараб докладалъул автораз, Сириялъул яргъид гIуцIараб оппозициялъул къакъабаз лъимал хIалтIизарулел ругин жидерго пайдаялъе, мисалалъе – ярагъ-матахI бачинабулаго.

Гьединал лъималазе хIукуматалъул аскарияз гIазаб-гIакъуба кьолеб бугин. Гьадин лъазабулеб буго Би-би-си агентлъиялъ.
XS
SM
MD
LG