МагъчIваялъе рес

Нахъойги Азебайджаналъе ракьал кьуна


Храх-уба росдал гIадамал.
Храх-уба росдал гIадамал.

Шималияб Кавказалда унел геополитикиял хиса-басиязул бицунеб буго ахираб заманалда гIемерал политологаз ва экспертаз. Лезгиязул миллияб автономиялъул лъазабиялда рекъон, гьединал хиса-басиязул бутIалъун ккола дагьалъ цебе Россиялъ Азербайджаналъухъе ракьал кьеялъул къотIи-къайги.

Россиялъ ахираб кIиго соналда жаниб кIиабилеб нухалъ кьолел руго Азербайджаналъухъе Дагъистаналъул ракьал. Гьел ракьал хIалтIизарулел рукIун руго лезгияз жидерго боцIи хьихьизе ва цоги росдал магIишаталда хурхарал хIалтIаби гьаризе.

Гьединабго къагIидаялъ ракьал кьун рукIана 2011 соналъ Россиялъул президент Анатолий Медведевасул хIукмуялда рекъон.

Доб мехалъ гIорхъи хисизабиялъул хIасилалда Азербайджаналде ккана 600 россиялъул гражданин, гьел ккола Храх-уба ва Урьян-уба абурал лезгиязул росабазда гIумру гьабун рукIарал гIадамал. Ахир къадги гьезул киналго гочана Дагъистаналде, цо-цоял жидерго рукъзалги тун Россиялъул батIи-батIиял шагьаразда гIумру гьабун руго.

ЦIияб къотIи-къай гьабун буго май моцIалъ, амма гьелъул хIакъалъулъ лъиданиги лъалеб букIинчIо, балъго гьабун буго кинабгоян лъазабулеб буго «Rukavkaz.ru» сайталъ. КъотIи-къаялде ахIун гьечIо цониги Дагъистаналъул вакил, хIатта президентцин.

Амма гьениве щун вуго Догъузпара мухъалъул нухмалъулев ГIабасов Керимхан. Гьеб мухъалъул ракьал ун руго аслияб къагIидаялъ. Гьес лъазабухъе, Азербайджаналъухъе кьурал ракьал рукIун руго гIи хьихьулел риидалил мучIдул. ГьабсагIат гьелги ратIа гьарун хутIарал гIадамазда лъалеб гьечIо риидал боцIи киб хьихьизе кколебали.

ЦохIо гьеб мухъалъул ракьаздаса кьун буго 2000 гектар ракьул. Гьелдалъун къварилъи ккун буго 300 азарго чиясе, гьезул боцIи хьихьизе бакI гьечIо. Данделъиялда К. ГIабасовас абун буго гьедин гьабизе бегьуларин, Дагъистаналда ракь цIакъ къанагIатаб бугин, амма гьесда лъазабун буго хIукму цебего гьабун бугин, щибниги жидеда хисизабизе кIоларин.

Щай Россиялъул вакилзабаз гьединаб къотIи-къаялда гъулбасараб абураб суалалъе жаваб батизе кIолеб гьечIо гIемерисезда. Лезгиязул миллиябгун культурияб автономиялъул вакил Амиль Саркаровас «Эркенлъи» радиоялъе гьадинаб баян кьуна:

Амиль Саркаров: «Дида мухIканго абизе кIоларо щиб гIиллаялъ гьединаб къотIи-къай гьабурабали. Батизе бегьула Россиялъул цо-цо гьенир рукIарал вакилзабазул жидерго хасаб мурад букIин. БичIчIуларо щай гьедигIанго тIаса-масаго гьабулеб пачалихъияб гIорхъи чIезаби гIадаб кIвар бугеб хIалтIи.

Гьелъул хIасилалда Россиялъул пачалихъиял ракьал ана къватIисеб пачалихъалде. Гьеб ккола Конституциялда данде гьабулеб гали ва гьелъул жавабчилъи букIине ккола. Щиб гьениб букIараб? Цо-цо Азербайджаналъ кваназарурал Россиялъул хIакимзабаз жидеего бокьун ракь кьеялъул хIужайищ бугеб, ялъуни гьезул тасамахIлъиялъул хIасилалдайищ гьединаб иш ккараб?

Дир хIисабалда гьединаб кIвар бугеб ишалъулъ тасамахIлъи батиларо, дун гьелда щакав вуго. ЦIакъ кIудияб ва кIвар бугеб суал буго гьеб. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго гьединабго къагIидаялъ ракь кьун букIиналъ МахIарамкент мухъалдаги».

«Свободная пресса» абураб сайталда Виталий Соловец абурав авторас хъалеб буго, Россиялъ Азербайджаналъе жиндирго ракьал кьеялъе гIилла бугин Азербайджаналъ Европаялде газ бичунгутIиялъе гIоло гьарулел галаби. ЧIегIер ралъдадаса Туркиялде, гьенисан жанубияб Европаялде унел руго Россиялъул газил рогIрал, амма цо-цо Европаялъул пачалихъазе бокьун буго Азербайджаналдаса газ босизе.

ГIуцIун буго «Набукко» абураб газалъул рогIрал лъеялъул хасаб программа. Гьединлъидал, Россиялъ жиндирго ракьал кьуниги, гьелъул хIасил ккун гьечIо кинабгIаги, аза-азар Дагъистаналъул лезгиял жидер ракьудаса махIрум гьари гурони.

«Балъгояб къотIи-къаялъул хIасилалда ракьал гьечIого хутIарал лезгиял федералияб тIалъиялдехун ццин бахъун руго, гьединаб жо бегьуларо гьадингоги сепаратизмалъ унтараб Кавказалдаян рикIкIунеб буго Россиялъул стратегикиял цIех-рехазул институталъул эксперт Василий Ивановас.

Гьесул пикруялда рекъон, рехсараб къотIи-къаялъ гIумру гьабизе захIмалъизе буго лезгиязе. Дагъистаналда гьединал галабаз жеги тIадеги федералияб тIалъиялдаса рази гьечIолъи цIикIкIине буго.
XS
SM
MD
LG