МагъчIваялъе рес

Амиров «гIадав» нухмалъулев щвеладай МахIачхъалаялъе?


МахIачхъалаялъул аслияб майдан шагьаралъул мэр ккун хадусала.
МахIачхъалаялъул аслияб майдан шагьаралъул мэр ккун хадусала.

Россиялъул ва Шималияб Кавказалъул эскпертаз батIи-батIияб къимат кьолеб буго МахIачхъала шагьаралъул мэр СагIид Амиров туснахъ гьавиялъе ва щив вачIинев гьесул бакIалд тахшагьаралъул бетIерлъун абураб суалалъе.


Цо-цояз кIудияб къимат кьолеб буго тIоцебесеб июналда Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул нухмалъиялъ туснахъ гьавурав МахIачхъалаялъул бетIерасе ва гьез рагьун абулеб буго гьев гIадав гьунар бугев нухмалъулев Дагъистаналъул тахшагьаралъеян. Амма киназулго гуро гьединаб пикру бугеб.

ЦебечIезабизецин захIматаб суал бугин жакъа лъица тIаде босилеб МахIачахъала гIадаб шагьаралъе нухмалъи гьабизе, гьеб буго кутакалда захIматаб масъала.

Дагъистаналъул тахшагьаралда ругел гIемерал проблемаби цохIо Амировасда гурони бажаризе гьечIо тIуран. Гьеб буго политолог ва Кавказалъул суалазул рахъалъ эксперт Кисриев Энверил пикру.

ГIемерал соназ Амировасул бербалагьиялда гъоркь гIуцIун букIараб нухмалъиялъул киналго секторал риххун тIагIине ругин гьанжеян рикIкIунеб буго экспертас.Жакъа бичIчIулеб гьечIин кинаб хIажалъийин букIараб Кремлиялъе гьеб структура биххизабизе.

Ургъун рахъун Дагъистаналда ахIвал-хIалуцинабизе гIололъун хIалтIулеб гIадаб хIисаб бугин жакъа Россиялъул тIалъиялъулилан рикIкIунеб буго политологас.
Экспертаз гьединго кIвар кьолеб суал ккола щив вачIине вугев Амировасда хадув МахIачхъалаялъул нухмалъулевлъун абураб.

ГIемерисезул пикруялда рекъон гьабсагIат жеги хекко буго гьелъул бицине. «Настоящее Время» газеталъул бетIерав редактор Фатулаев Милрадица абулеб буго тахшагьаралъул мэрлъун вачIине рес бугин бокьараб миллаталъул вакиласул, амма гьезда гьоркьоса дарги миллаталъул чиясул бищунго дагьал рукIанин гьелъие ресал.

ВачIине бегьула гьеб хъулухъалде магIарулавги, кин букIаниги республикаялда бугеб халкъалъул 29 процент гьел кколелъул.

МахIачхъалаялъул нухмалъулев вищиялъул суалалда жаниб миллияб суал бищунго кIвар бугеблъун кколарилан рикIкIунеб буго цогидав политолог Денис Соколовас. Мерасул хъулухъ миллияб хъулухъ гурелъул.

Аслияб бугин кинаб къагIидаялъ хисизе бугеб Амировасда хадуб МахIачхъалаялъул ва тIолабго республикаялъул политикияб гIуцIи.

ГIадан хIисабалда Амиров цIакъго кIудияб даражаялъул чи вукIанин абулеб буго гьев экспертас ва Амировасухъа гIадин цогидав чиясухъа ритIухъаб къагIидаялъ МахIачахъалалъе нухмалъи гьабизе бажаризе гьечIилан абураб Энвер Кисриевсул пикру такрар гьабулеб буго гьесги.

Амма гьеб пикру тIубанго гъоркь кIкIвинабулеб буго Милрад Фатулаевас. Амировасда хадуб букIинчIин гьес халкъалъе асар гьабизе кIолеб гIадаб даражаялъул къуватилан бицана гьес Эркенлъи радиоялъе.

РукIанин гьес ричун росарал, гьесие хъатIчIвалел хIелхIелчагIи. Амма гьезухъа щвезе жо жакъа туснахърокъов вугев Амировасе гьечIин:

Фатулаев Милрад: «Жиндир заманалда гьес гIуцIун букIараб системаялъул иш лъугIанин тIубангоян абизе гIураб рес буго жакъа. МухIамад ГIали МухIамадовгун цадахъ СагIид Джапарочивас хIадур гьабураб зулмуяб политика хIехьана нилъеца гьанжелъизегIан. БитIаралда битIарабилан абизе ккола, жиндир заманалда гьеб системаялда кIвана гIемерал политикиял лъугьа-бахъиназе асар гьабизе.

Амма тIаде щван цIияб заман, цIияб тIалъиялъе гьеб система дандеккечIо ва гьелъ нух балагьана гьелда нух бихьизабизе. БатIияб рес гьелъие букIинчIо».

Ахираб къого соналъ Дагъистаналъул щекъер ккун букIараб къуват тIаса рехизе кIвана ГIабдулатIиповасда, Дагъистаналъул цIияв нухмалъулесе шапакъат кьезе ккола Амиров тIаса рехаралъухъ.

Гьединал ва гьелда релъарал разиял кIалъаял рагIизе бегьула жакъа республикаялъул щибав кIиабилев чиясул кIалдиса.

ТIоцебесеб августалда лъагIан цIех-рехалъулал тадбирал лъугIизегIан жанив тIамурав Амиров гIумруялъго эркенлъиялдаса махIрум гьавизе бегьулин гьесде гIунтIизарулел гIайибазде балагьунилан абурал баянал загьирлъана интернеталъул гьурмаздаги.

Живго Амировасул адвокат Марк Рутерги мукIурлъун рагIулин гьел рагIабазеян абурабги буго хабар.
XS
SM
MD
LG