МагъчIваялъе рес

Эрдогъаница иргадулаб нухалда какана акциячагIи


Туркиялъул премьер-министр Ражаб Эрдогъаница иргадулаб нухалда кьварараб къимат кьолеб букIана хIукуматалде данде акция гIуцIаразе. Гьес гьезда абулеб букIана «мародералин». Жиндирго рахъ кколел гьес ахIана тIасияб соналда тIоритIизе ругел бакIалъул рищиязул компаниялъул заманалда гьезие дарсал кьезе. Эрдогъаница гьедин абуна Адана шагьаралда. Шамат къоялъул къаси гьениб тунка-гIуси ккун букIана акциячагIазда ва полициязда гьоркьоб. Улкаялда хIукуматалде данде акциял халат рахъунел руго араб анкьалъул ахиралдаса нахъе
XS
SM
MD
LG