МагъчIваялъе рес

Туркиялда протестал халат рахъунел руго


Туркиялъул премьер-министр Ражаб Эрдогъан
Туркиялъул премьер-министр Ражаб Эрдогъан
Стамбулалда аза-азар чи вахъун вукIана къватIахъе Таксим майданалда чанго къоялъ чадиразул мархьи ккун протесталъул акциязда ругезул рахъ кквей загьир гьабизе. Таксим майданалда реконструкция гьабиялде данде багърараб акция сверун букIана хIукуматалде данде багъа-башариялде.
Рузман къоялда улкаялъул премьер-министр Ражаб Эрдогъаница акциячагIи ахIулел рукIана хех гьабун протестал чIезе тезе. Гьес гьединго абуна демократиял тIалабалгун гьесухъе рачIарал чагIигун диалог гьабизеги жив хIадурав вугин.
Араб анкьалдаса нахъе улкаялда халат рахъунел ругел протесталъул акциязда хвана лъабго ва лъукъун вуго нус-нус чи.
XS
SM
MD
LG