МагъчIваялъе рес

ГIурус мацIалъул ЕГЭялъе щвараб 100 баллалъул хал гьабизе буго


Россиялда Пачалихъияб цогояб экзаменалда (ЕГЭялда) гIурус мацIалъе 100 балл щварал хIалтIабазул цIидасан хал гьабизе буго, хасаго Шималияб Кавказалда, Красноярскалъул ракьалда, Тыва Республикаялда ва цоги регионазда. Гьединазул къадар улкаялда исана буго 2500 чи.
Гьедин лъазабуна рузман къоялда лъай кьеялъул рахъалъул тохаллъи гьабулеб Федералияб хъулухъалъ.
Киназего тIадаб гIурус мацIалъул экзамен кьезе кIун гьечIо исана школа лъугIарал лъималазул 2,2%.
XS
SM
MD
LG