МагъчIваялъе рес

Америкалда интернет-жасуслъиялда сверун скандал


Цолъарал Штатазул миллияб цIех-рехалъул идараялъул бетIер Джеймс Клаппер
Цолъарал Штатазул миллияб цIех-рехалъул идараялъул бетIер Джеймс Клаппер
Америкалъул хIукуматалъул идарабазе интернет-компаниязухъа информация щвезе изну кьолеб къанун хурхараб буго америкалъул гурел ва Америкалда гьечIел гражданазда.
Гьедин лъазабуна Цолъарал Штатазул миллияб цIех-рехалъул идараялъул бетIер Джеймс Клапперица. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана Washington Post ва Британиялъул Guardian газетаязда хъвараб. Клапперие рекIее гIун гьечIо гьединаб информация къватIибе загьирлъи ва гьес абуна гьел газетаязул макъалаязда гIемерал дандеккунгутIиял ругин.
Гьел гезетаяз хъван букIана Америкалъул хасал хъулухъазул рес бугин улкаялъул церетIурал интернет-компаниязул сервераздаса информация босизе ва гьедин агентазда кIолеб бугин интернеталдаса пайда босулез хъвалебщиналъул хал гьабизеги, гьезул суратал рихьизеги, гьезул цоги документазул хал гьабизегийин.
Apple, Google ва Facebook компанияз лъазабуна пачалихъиял агентазе гьединаб ихтияр жидеца кьун букIинчIин.
XS
SM
MD
LG