МагъчIваялъе рес

Наваз Шариф-Пакистаналъул премьер


Наваз Шариф-Пакистаналъул премьер, 07Maй2013
Наваз Шариф-Пакистаналъул премьер, 07Maй2013
«Пакистаналъул бусурбабазул лига» абулеб партиялъул лидер Наваз Шариф вищун вуго Пакистаналъул премьер-министрлъун. Гьеб партия бергьун букIана улкаялда 11 маялда тIоритIарал парламентиял рищиязда.
Шарифил рахъ ккун буго Миллияб Ассамблеялъул 342 гIахьалчиясда гьоркьосан 244-яс. 63 сон барав Шариф цевеги кIиго нухалда вукIана улкаялъул премьерлъун- 1990–1993 ва 1997-1999 соназда.
XS
SM
MD
LG