МагъчIваялъе рес

Политковская чIваялъул ишалда сверун хIукму къотIизе буго гьа бараз


Диванханаялда Рустам, Ибрагьим ва ДжабрагIил МахIмудовалги, гьезул имгIал Лом-ГIали Гайтукаевги, Москваялъул милициялда хIалтIулев вукIарав ХIажикъурбанов Сергейги. 04Июн2013
Диванханаялда Рустам, Ибрагьим ва ДжабрагIил МахIмудовалги, гьезул имгIал Лом-ГIали Гайтукаевги, Москваялъул милициялда хIалтIулев вукIарав ХIажикъурбанов Сергейги. 04Июн2013
Журналист Анна Политковская чIваялъул такъсирияб ишалда сверун цIиядасан гIенеккиял унеб Москваялъул шагьаралъул диванханаялда гьа баразул коллегия бищизе буго 20 июналда. Жидее хIукму гьа бараз къотIеян гIарза кьун букIун буго диванаханаялда цеве эхетарав щуясго.
Гьел ккола-чачанал лъабго вац Рустам, Ибрагьим ва ДжабрагIил МахIмудовалги, гьезул имгIал Лом-ГIали Гайтукаевги, Москваялъул милициялда хIалтIулев вукIарав ХIажикъурбанов Сергейги. Гьезда гIунтIизабулеб буго «чи чIвай» ва «къануналде данде кколареб куцалда ярагъ цIуни» абурал гIайибал.
Гьебго заманаялда диванханаялъ нахъчIвана иш прокуратураялде тIадбуссинабеян абулеб адвокатазул гIарза. Адвокатазул пикруялда цIех-рехчагIаз гIемерал гъалатIал гьарун руго ва гьеб ишалда гьоркьор рукIарал гIемерал документал нахъе росун руго.
20 июнь щвелалдего диванчи хисеян гIарза хъвазе ракIалда буго гIайиб гIунтIизабулезул цоясул адвокат Арсамерзаев СагIидахIамадида. Гьес рикIкIунеб буго диванчиясул жиндирго хасаб кIвар бугин гьеб ишалъулъин.
«Новая газетаялъул» эксперт Анна Политковская чIван йикIана 2006 соналъул 7 октябралда Москваялда жиндирго рукъалда цее.
XS
SM
MD
LG