МагъчIваялъе рес

«НекIо заманалда имамзабазул аттестациял рукIинчIо»


Цебе нижер мухбирзабаз чанго баянал гьаруна Дагъистаналда байбихьараб росдал мажгитазул имамзабазул аттестациялъул темаялда тIасан. Гьаб нухалъ баянал гьарулел руго динияб идараялъул пресс-секретарас ва тарихиял гIелмабазул докторас.

Дагъистан республикаялъул динияб идараялъул пресс-секретари МухIамад-Расул ГIумаров разилъана Эркенлъи радиоялъул цо-цо суалазе жавабал кьезе рехсараб аттестациялда хурхарал.

please wait

No media source currently available

0:00 0:05:43 0:00
Интернет-мухъ


НекIо заманалда букIанищ гIадат имамзабазул аттестация гьабиялъул? Гьадинаб суал нижеца кьуна тарихиял гIелмабазул доктор Доногъо ХIажи-Мурадие. Гьес гьадинаб баян гьабуна нижер программаялъе.

Доногъо ХIажи-Мурад: «Цо-цо тарихиял баяназда рекъон имамзабазул аттестация ялъуни имтихIан мисалалъе босани Шамил имамасул заманалда букIинчIо. Имамлъун, муфтилъун, къадилъун жамагIаталъ тIамулаан бищун тIадегIанаб къадруги, шаригIаталъул рахъалъан лъайги, берцинаб хьвада-чIвадиги бугел цIакъ мустахIикъал гIадамал.

Гьединлъидал гьадинал аттестациязул хIажалъиги букIинчIо доб мехалъ. Гьав ялъуни дов имамасул, муфтиясул лъаялъе къимат кьолел комиссиялги рукIинчIо, дида лъахъе.

Шамил имамасул багъа-бачари байбихьизегIан ва гьесул гъазават лъугIун хадуб ккаралъулийн бицани - гьеб батIияб хабар буго. Гьай-гьай Россиялъул империялда имамзабилъун, муфтияллъун жамагIаталъ рищулаан, тамахго абуни - квершеллъиялъул изну босун.

Россиялъул империялда ругел бусрубабазул цIакъ кIудияб къадар хIисабалде босун квершеллъиялъ гьезде данде рагъ бачIинчIого, Ислам жиндирго официалияб динлъун лъазабун, гIамал гьабулеб букIана дин жиндир пайдаялъе хIалтIизабизе.

Гьаб иш байбихьана Екатерина КIиабилелъул заманалда. Гьей рикIкIулаан Россиялда Ислам-диналъе дагьа-макъаб гIаги эркенлъи кьурай чIужупачалъун.

Байбихьана Къуран гIурус мацIалде буссинабиялъул ишги, мажгитал райги. Бусурбабазул Динияб Идара гIуцIиги буго Екатерина КIиабилелъул жигар. Ва гьеб букIана цIакъ гIакъилаб хIукму.

Гьелдалъун бусурбабазул рухIаниял Россиялъул империялъул пайдаялъе хIалтIизе тIамун рукIана. Доб заманалдаса байбихьун киналго диниял идарабазул бутIруллъун тIамун рукIана квершеллъиялъе мутIигIал, пачалихъияб политикаялъе квер бакъи гьабулел рухIаниял.

Гьадинал бутIруз жидерго вагIзаби хасго Россиялъул империялъул политикаялде рекъезарулел рукIана. ТIоцебесеб иргаялда гIуцIун рукIана Оренбургалъул ва Крымалъул диниял идараби.

Кавказалъе доб заманалда ирга швечIо. Гьениб Динияб идара гIуцIун букIана 1918 соналъул Февраль моцIалдаса нахъе.

Цоги нухалъ абила дица - гьадинал аттестациял рукIинчIо. Амма тIадтараз муфтиязул хъулухъазде тIамулел рукIана жидее тIубанго мутIигIал гIадамал. Гьелдаги аттестацияилан абизе ккеларищха».
XS
SM
MD
LG