МагъчIваялъе рес

Централияб Европаялда лъимкIанцIи


Централияб Европаялда ахирисеб анцIго соналда жаниб бищунго кIудияб лъимкIанцIи ккун буго Алманиялда, Австриялда, Чехиялда ва Польшаялда. Хун вуго анлъго чи. Чехиялъул тахшагьарл Прагаялда къан руго гIемерисел школаби, хисизабун буго жамгIияб транспорталъул хIалтIи, Влтава гIурул рагIалда лъолел руго лъим биччаларел хасал щулалъаби. Эвакуация гьабун буго 3000 чиясе ва зоопаркалда ругел хIайваназе.
Лъимал кIанцIилалде цебе гьенир чанго къоялъ чIечIого ралел рукIана цIадал.
XS
SM
MD
LG