МагъчIваялъе рес

Джон Кэрри данделъана МухIамад Мурсигун


Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Кэррица Эфиопиялъул тахшагьар Аддис-Абебалда тIобитIараб Африкаялъул Цолъиялъул саммиталда Мисиралъул президент МухIамад Мурсигун данделъун, гьесде ахIи бана экономика цебетIезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул нухда рачунел реформаби халат рахъинариялда.

Дагьалъ цебе Вашингтоналъ рагIи кьун букIана Каиралъе I90 миллион доллар кьезе батIи-батIиял проектазе хIалае. Жеги 250 миллион кьезе буго тIадехун рехсарал реформаби тIуразаруни.
XS
SM
MD
LG