МагъчIваялъе рес

Интернет-годекIан. 20-26 Май


Дагъистаналъул блогосфераялда гьаб анкьалъ гьоркьор лъурал суалал рукIана батIи-батIиял. РукIана республикаялда рукIарал лъугьа-бахъиназда хурхарал, цогидал рукIана кидаго интернет-годекIаналда гьоркьор лъолездаса.

Ахираб заманалда Facebook сайталда гIемер хъвадарулев блогер Василав Василовас бицана дагъистаналъул блогосфераялда рищунго цIикIкIун кIвар кьолел темабазул хIакъалъулъ.

Василав Василов: «Бищунго гIемер блогосфераялда гьоркьоб лъолеб тема буго хиджабазул тема. Гьелда тIасан кидаго дагIба ва бахIсал рукIуна ва батIи-батIиял пикраби загьир гьарула гьелда хурхун. КIиабилебги, цIакъго гIемер гьоркьоб лъола республикаялъул хIукуматалда унел ва рукIин бегьулел хиса-басиязул хIакъалъулъ тема.

терактЦIехола гIемерисез гьалги долги хIакимзаби щай хъулухъалдаса унарелин. Гьанже гьал кьвагьиязул хIакъалъулъги рукIанаха, гьел кьвагьиял рахъанщинахъе блогосфераялда гIемер гьелъул бицуна. Кин бугониги, бищунго дагъистанияз кIвар кьолеб тема ккола хиджабазул тема. Гьелде кIвар кьоларев чи къанагIатги ватуларо.

Абула гIемерисез гьеб нилъер гIадат гурин, гIарабиязул добаса бачIараб бугин. Амма нилъеда лъалаха нилъер улбулги, гьезул улбулги кIазги бухьун хьвадулел рукIараллъи.

Лъай кьеялъул цIияв министр тIамиялъул хIакъалъулъги бицана гIемер. Дида гьев чи лъаларо ва рагIун вукIинчIо. Амма гьанжелъагIан гьесул хIалтIул хал гьабурабго ва специалистазул пикруялъухъ гIенеккарабго ракIалде ккола гьесда гьеб хIалтIи бажарилин.

Гьанже гIатIидго бицине буго гьел киналго суалазул хIакъалъулъ. Анкьил байбихьи ва ахир лъугьана Дагъистаналда бидулаб. Интни къоялъ ва шамат къоялъ МахIачхъалаялда кьвагьи бахъана.

КIиябго нухалъ къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда данде гьабураб. Итни къоялъ кIиго кьвагьи бахъана Орджоникидзел къотIноб, хвана ункъо полициялъулав ва лъукъана 50-лде гIагарун чи.

Шамат къоялъ кьвагьи бахъана МахIачхъалаялъул централияб майданалда аскIоб. Гьенибго буго жанисел ишазул министерлъиялъул минаги. «Риа Дагестан» сайталъ хъвавухъе, полициялъулазул къокъа бугеб бакIалда аскIой жийго жинцаго кьвагьизаюна 13 маялдаса нахъе араб бакI лъачIого тIагIарай, 25 сон барай ГIалиева Мадина.

Кьвагьиялъул хIасилалда хвана кIиго полициялъул хIалтIухъан ва лъукъана 11 чи, гьезда гъорлъ кIиго лъимерги.

Блогосфераялда гьей чIужугIадан рокъоса тIагIиналъул хIакъалъулъ хъвалеб букIана чанго къоялъ цебе. Facebook сайталда «Кавказпресс» абураб группаялда лъун букIана гьей кьвагьизе бегьула абураб информация. Жакъа кьвагьи бахъун хадуб блогераз батIи-батIиял пикраби загьир гьарулел руго.

МухIамаддадаев Амирханил пикруялда рекъон, гьеб ккола къуваталъул идарабазул хIалтIи цIакъ гIодобегIанаб букIин тасдикъ гьабулеб хIужа.

«МахIачхъала бакьулъ, ХIукуматалъул ва Жанисел ишазул министерлъиялъул минабазда аскIоб гьединаб кьвагьи бахъиялъ бихьулеб буго гьез кинабгIаги хIалтIи гьабун бажарулеб гьечIолъи», - абун хъвалеб буго гьес Facebook сайталда.

«Чанго къоялъ гьей чIужугIадан кьвагьиялда хIинкъи букIун батани, лъазе кколаан гьей жакъа, школазда ахирисеб цIумур кьабулеб къоялъ кьвагьизе йикIин. Кида къуваталъул идарабаз нилъ цIунизе ругел?» - абун хъвалеб буго цоги блогерас.

«Кин гьез нилъ цIунилел, жалго жидецаго цIунизе кIолареб мехалъ?»-абун хъвалеб буго Амина Амировалъ. Цо-цо блогераз ахираб заманалда рахъарал кьвагьиял рухьинарулел руго чанго моцIидаса Дагъистаналъул президент вищизе ккеялда. «Кьвагьи гьабулезе бокьун буго президентасул ишал тIуралев Рамазан ГIабдулатIиповасда хIалтIи гьабун бажарулеб гьечIилан», - абун хъвалеб буго блогер Ибрагьим МухIамадовас.

Гьаб анкьалъ Дагъистаналъул лъайкьеялъул министрлъун тIамуна ТIалхIатов Артур. Исана февраль моцIалда хIукуматалъул кабинет цIидасан гIуцIулаго гьев тIамун вукIана гьеб министерлъиялъул нухмалъулесул заместительлъун. Цеве вукIарав министр ГIазизов МухIамадфазил гьеб хъулухъалдаса ватIа гьавуна маялъул къоабилеб къоялъ. Блогосфераялда гIемерисез гьеб лъугьа-бахъиналъе лъикIаб къимат кьолеб букIана.

ГIемерисез, хасго Артур ТIалхIатовасул цере рукIарал студентаз бицунеб букIана гьесул хIакъалъулъ лъай бугев, жигарчилъи цIикIкIарав чи вукIанилан. «Гьесул хIалтIуе къимат кьезе бегьула кIиго моцIидаса, киналго школазда экзаменал лъугIарабго», - абун хъвалеб буго Разият НурмухIамадовалъ.

«Школазда ва тIадегIанал цIалул идарабазда ришватчилъи тIагIинабуни абизе бегьула гьесда хIалтIи бажарулеб бугилан», - абун хъвалеб буго ГIали ГIалиевас. Амма школазда ришватчилъи лъугIуларо министразда цадахъ гьаниб гIумру гьабулел гIадамалги хисичIони абун хъвалеб буго цоги блогерас.
XS
SM
MD
LG