МагъчIваялъе рес

Турбьерн Ягландил пресс-конференция


Европаялъул Шураялъул Генералияв секретарь Турбьерн Ягланд
Европаялъул Шураялъул Генералияв секретарь Турбьерн Ягланд

Лъабго къоялъул тIадещвейгун Россиялде вачIарав Европаялъул Шураялъул Генералияв секретарь Турбьерн Ягланд данд чIвана арбагI къоялъ россиялъулги къватIисел улкабазулги журналисталгун интерфакс агентлъиялда.

Лъабго къоялъул тIадещвейгун Россиялде вачIарав Европаялъул Шураялъул Генералияв секретарь Турбьерн Ягланд данд чIвана арбагI къоялъ россиялъулги къватIисел улкабазулги журналисталгун интерфакс агентлъиялда.

Россиялда Турбьерн Ягланд дандчIван вуго президен Владимир Путингун, къватIисел ишазул министргун, юстициялъул министргун, Пачалихъияб Думаялъул депутаталгун.

Европаялъул Шураялъул Генералияв секретарь щун вуго Олимпиадаялъул объектал ралел бакIаздеги. Россиялъул тIадтараз рахъ кколеб бугин Европаялъул Шура тIад хIалтIелеб бугеб ковенциялъулин абуни гьес.

Договор гьабурал мачтаздасаги толализатораздасаги спорт цIуниялда барал.

Турбьерн Ягландил рагIабазда рекъон Москваялда европаялъул шураялъ жидерго информациялъулаб офис сверизабулеб буго программаязул ва реформабазул офисалде. Гьелда бан 20 гIун программа бугеб сияхI цебелъолеб бугин Европаялъул Шураялъин абуна гьес.

Европаялъул Шураялъул Генералияв секретарь Москваялда дандчIван вуго Россиялъул аслиял инсанасул ихтиярал цIунулел идарабазул церехъабигунги.

Пресс-конференциялда Турбьерн Ягландица рахъ куна Россиялъул коммерциялъул гурел идарабазул. ГарачIвариял тIоритIулаго жинда бичIанин гьаб гIагараб заманалда инсанасул ихтиярал цIунулел идарабазул хIакъалъулъ къануналде кинал рукIаниги хисабасиял гьаризе гьечIолъи. Гьединлъидал политикияб хIалтIиялде гьоркьобе щиб рукIунеб бугебали халкквей кIварбугеб иш ккола .

Турбьерн Ягланд:«Нижеца халкквезе буго гьеб къанун хIалтIулеб къагIидаялда хадуб. Щай дица гьедин абулеб бугеб.Гьеда бан лъугьине бегьула, лъугьинчIого хутIизеги бегьула гьадинаб иш. Цо-цо хIалтIаби рачIине бегьула инсанасул ихтияразда тIасан диваналде Страсбургалде.

Гьесул рагIабазда рекъон инсанасул ихтиярал цIунулел идараби лъиданиги рачIеллъун жидецаго рикIкIинеги, ва лъиданиги рачIого гьел хIалтIизеги ресал ратизаризе кIола. Турбьерн Ягландица мисал бачунеб буго европаялда инсанасул ихтиярал цIунулел идарабазул хIалтIи гIуцIун бугеб къагIидаялъул. ЦIикIкунисеб гIарац гьезул хIалтIуе кьолеб буго бюджеталдаса, хутIараб гIарац кьолеб буго хасал идарабазги.

ЭР: «Россиялдаса гьел идарабазул хIалтIуе гIарац батизабизе бегьулин аби кколиш, дур пикруялда рекъон, гьез къватIисел пачалихъаздасан кьолеб гIарцудаса инкар гьабизе кколин абураб?»- ян гьикъана нижеца Европаялъул Шураялъул Генералияв секретарасда.

Турбьерн Ягланд: «Дица абулеб гьечIо гьез къватIисел пачалихъаздасан щолеб гIарцудаса инкар гьабизе кколин. Кинал рукIаниги ресалги ратизарун пачалихъиял гурел идарабазул хIалтIи чIезе тезе бегьуларо»

Россиялъул тIадтаразулгун цогидалги чанго кIвар бугел суалазда тIасан грачIвари гьабунин бицана Турбьерн Ягландица журналистазда.Гьезда гьоркьор Россиялъулги Гуржиязулги гьоркьорлъабазда тIасан суалги, Косовоялъул суалги.

Амма аслияллъун рукIанин тIадехун рехсарал суалалин абуна Европаялъул Шураялъул Генералияв секретарас.Журналистаз рорхарал суалазда гьоркьор рукIана цого жинсалъул гIадамазда гьоркьор ригьин гьабиялда баралги суалал. Европаялъул Шураялъул Генералияв секретарас абуна гьелги инсанасул ихтиярал кколин.

ЦIунизе колел. Инсанасул ихтиярал цIуни Европаялъул Шураялъул аслияб конвенциялъул кьучIлъунги кколин.

Европаялъул Шураялъ церелъолел реформаялъул проектаздаги Россиялъул рахъ тIадрекъолеб буго Ягландил рагIабазда рекъон. Мисалалъе Россиялда апеляциялъулал диванал гIуцIи.

Гьеб демократиблъун жибго рикIкIунеб хIукIуматалъе къваригIунеб иш буго ягландил рагIабазда рекъон.
XS
SM
MD
LG