МагъчIваялъе рес

«Унсоколо мухъалъ хьихьун буго Дагъистан»


Magomed Gadzhiev from Untsukul village of Dagestan
Magomed Gadzhiev from Untsukul village of Dagestan

Гьал къоязда Москваялда гIагарлъухъ бугеб Бекасово пансионаталда тIобитIана Северияб Кавказалъул суалал гьоркьор лъураб данделъи.

Гьелъие квербакъана Кавказалъул халкъазул Конгрессалъ. Щибаб республикаялдаса вакилзабиго гIадин гьенир гIахьаллъана Кавказалъул суалазул эксперталин рикIкIунел Энвер Кисриев (Центр цивилизационных и региональных исследований РАН), АхIмад Ярлыкапов (Институт этнологии и антропологии РАН), Екатерина Сокирянская, Варвара Пахоменко ("Кризисная группа") ва цогидал.

Дагъистаналъул масъалабазда гъорлъ гьенир рехсана нугъаязе гIуцIизе къваригIараб автономияги, лъарагIаз тIалаб гьарулел ракьалги (цо млн гектар!), миллаталлъун жал рикIкIеян кIкIаралазгун гIандадерил вакилзабазул тIалабги, Унсоколо мухъалда ГЭС балаго лъеда гъоркье арал ракьазул суалги.

Аслияб кIвар жидер суалалде кьунин бицана Эркенлъи Радиоялъе гьеб данделъиялда гIахьаллъарав ХIажиев МухIамадица. Гьев ккола лъеда гъоркье арал ракьазул рахъалъ Унсоколо районалъул администрациялда гIуцIараб отделалъул начальник.

Гьелго суалал гьоркьор лъураб данделъи Москваялда исана марталъул байбихьудаги букIана. Гьоркьоб заманго иналде цIидасан гьелъул бицине сунца гьеб конгресс тIамурабин гьикъидал, МухIамад ХIажиевас абуна Дагъистаналда нухмалъулевги хисун вугелъул, гьес гьел суалазде кIвар кьелин абураб хьул батилила конгрессалъул вакилзабазул.

Жидедаги ракIалда буго лъеда гъоркье арал ракьазул суалалъ кватIичIого Рамазан ГIабдулатIиповасухъе инеги. Амма гьабсагIаталда гьесухъе нух щолеб гьечIила жидее.

30 сон ана пачалихъалъ гьезул суал тIубачIого. Гьелъ кIудияб разилъи гьечIолъи Унсоколо, Рихьуни, ГьаракIуни, Майданское-Зирани росабалъа гIадамазул буго.

270 гектар жегиги бецIун бахъун гьечIо. Лъеда гъоркье ун буго кинабниги 4I2 гектар! Гьеб ккола мугIрузул мухъазда ругел киналниги ахазул 53 процент. Къануналда рекъон, гьебщинаб ракьул багьаяб жо кьезе ккола пачалихъалъ гIадамазе. Ракь мукъсанаб магIарухъ цIакъ кIудияб ками ккола гьебщинаб ракь жидехъа ин.

Масала, лъеда гъоркье арал рихьундерил ахакь санайилго лъабазарго тонна куракул бижулаан. Гьанжейин абуни гIицIал кьураби хутIун руго дора.
Гьединлъидал гьадинал тIалабал руго бакIалъул гIадамазул.

МухIамад ХIажиев: «Лъеда гъоркье арал ракьазул бакIалда МахIачхъалаялда, Буйнакскиялда, Каспийскалда батIалъи гьечIого бокьараб бакIалда жидее минаби рай, яги додиналго ахал гьаризе санагIатаб бакIалда ракьал кьей. Ялъуни РусГидроялъул акцияздалъун гьеб зарал бецIи. Гьебги бажарулеб батичIони, ГЭСалъул хайиралдаса пуланаб бутIа гIумруялъго гIадамазеги щолеб къагIида буго Гражданияб Кодексалда.

Амма гьезул цонигияб хIисабалде босун гьечIо жакъаялде щвезегIан».
Гьел масъалаби тIуразе ккани, пачалихъалъ харж гьабизе кколеб буго 9 млрд-гун 400 млн гъурущ. ХIукуматалъ 35 млн гъурущ кьуна «Ленгидроекталъе» гьеб киналъулго смета чIезабуралъухъ.

БачIинахъего бецIун тIаса бихьизабун букIарабани, пачалихъалъ гIицIго 1 млрд-гун 600 млн гъурущ гурони харж гьабизе кколароан гьеб кьезе кколароан.

Гьелдаса хадуб гIарцулги къимат хвана, тIаде цIи-цIиял наслабиги рижана… Сана-санайилго бюджеталда лъолебани, бигьалъулаан гьеб бецIизе. 2008 соналдаса нахъе капек биччачIо хIукуматалъ.

ХIакъикъаталда, кьезе хутIараб 9 млрд гъурущ мукъсанаб жо батилин ккола хIукуматалъе. Щайин абуни, бицуна анкьго соналда жаниб ЧIикIаб ГЭСалъ хIадурараб электроэнергиялъухъ щвараб хайиралъ бецIанин цо станция балебгIанасеб гIарац.

МухIамад ХIажиев: «2008 – 2012 соназда Рихьуни ГЭСалъ хIадурун буго 5 млрдги 600 млн-ги кв/ч. электроэнергиялъул. Гьедин букIаниги нижер гIадамазе я токалъул рахъалъ гьечIо бигьалъаби, я налогазул рахъалъ гьечIо.

Нижер ракьалда бараб станциялъул налогал МахIачхъалаялде унел руго. Гьел налогазухъ балагьун абизе бегьула жакъа Унсоколо район республикаялъул бюджеталдаса рачIунел дотацияз хьихьараб мухъ гурин, гьелъул гIаксалда, донор кколин гьебилан».
XS
SM
MD
LG